Украиналъул халкъалде Януковичил иргадулаб калам

Украиналъул рехарав президент Виктор Януковичица ахIулел руго улкаялъул щибаб регионалда жидер статусалда хурхун референдум тIобитIизе. Гьедин лъазабулеб буго УНИАН агентлъиялъ.
Януковичил хитIаб кьун буго рузман къоялда ИТАР-ТАССалъги. Гьелда гьес президентасул рищиязул бакIалда ахIулел руго тIолабго улкаялда референдум тIобитIизе.
Януковичил пикруялда, гьеб буго улкаялъул суверенитет ва цолъи цIунизеги ахIвал-хIал парахалъиялде бачинеги бугеб цого-цо нух.
Януковичица гьединго гьарулеб буго Регионазул партиялдаса жив нахъе гьавейинги. Гьедин лъазабулеб буго УНИАНалъ.
Виктор Янукович нухмалъиялдаса рехун вукIана исана февралалда оппозициялъул контролалде гъоркье ккараб ТIадегIанаб Радаялъ. Гьелдаса хадуб гьев ана Россиялде. Украиналъул цIияб нухмалъиялъ гьеса тIад рагьун буго такъсир гьабиялъул чанго иш. Гьездаго гьоркьоб гIемераб халкъ гIахьаллъараб акциялъул заманаялда ургъунго гIадамал чIвай абурабги. Украиналъул генпрокуратураялъ гьев тIолгодунялалда валагьулев чилъун лъазавунги вуго.