Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялъ къабул гьабун буго Украиналъул террориториалияб цолъи цIунулеб резолюция. Гьеб документалъул тексталда улкаби ахIулел руго 16 марталда гьабураб референдумалъул хIасилалда Крым Россиялде лъугьин къабул гьабунгутIизе.
Гьеб резолюциялъул рахъ ккун буго 100 улкаялъ, 11 улка гьелде данде букIун буго ва 58-ялъ-гьаракь кьун гьечIо. Гьелде данде гьаракь кьун буго
Армениялъ, Белоруссиялъ, Боливиялъ, Кубаялъ, Шималияб Кореялъ, Никарагуалъ, Россиялъ, Суданалъ, Сириялъ, Венесуэлаялъ ва Зимбабвеялъ.
Рехсараб ГIуцIиялда Россиялъул вакил Виталий Чуркиница Москваялъул позиция цIунулаго абуна, гьеб резолюция «конфронтационияб» бугин. «Гьеб проекталъ хIалбихьулеб буго Крымалда тIобитIараб ва тарихалда жиндирго бакI ккураб референдумалъул хIасилазда щаклъи бижинабизе. Гьелъул хIасил ккезе гьечIо»,-ян абуна Чуркиница.
Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул резолюциялде дандеккун Генералияб Ассамблеялъул резолюциялъул буго гIицIго рекомендация кьолеб хасият.