Кабулалда гьужум гьабун буго рищиязул Централияб комиссиялъул офисалде

Кабулалда талат къоялда гьужум гьабун буго Афгъанистаналъул рищиязул Централияб комиссиялъул офисалде. Гьедин лъазабулеб буго бакIалъул полициялъ.
Гьебго заманаялда лъазабулеб букIана талат къоялъул радал президентлъиялде кандидатасул ва улкаялъул финанасазул министрлъун вукIарав Ашраф Гъанил рокъоб жалго жидецаго чIвалев лъабго чияс кьвагьи гьабиялъул. МухIкан гьарурал баяназда рекъон, кьвагьи гьабун буго Гъанил рокъоб гуреб, гьелда аскIобегIан бугеб рищиязул комиссиялъул офисалда. Зарал ккаразул лъазабулеб гьечIо.
5 апрелалда Афгъанистаналда тIоритIизе руго президентасул рищиял. Ашраф Гъани рикIкIуна гьенив бергьине цIикIкIун шартIал ругевлъун.
ТIалибаз лъазабулеб буго гьел рищиязе квал-квал гьабизе букIиналъул.