Америкаялъ Россиялда гIунтIизабулеб буго жиндирго тIадеросиял хвезариялъул гIайиб

Америкаялъ Россиялда гIунтIизабулеб буго 1994 соналда къабул гьабураб Будапешталъул меморандумалъул тIадеросиял хвезариялъул гIайиб. Гьелда рекъон, Украиналъе кьолел руго суверенитеталъул ва хIинкъигьечIолъиялъул гарантиял.
Гаагаялда атомияб хIинкъигьечIолъиялъул суалазда сверун букIараб саммиталда гьабураб цадахъаб лъазабиялда Украиналъул ва Америкаялъул вакилзабаз кIвар буссинабулеб букIана «къануналде данде кколареб куцалда Крымалъе аннексия гьабизе Россиялъ бахъулеб хIаракат къабул гьабизе жидеда ракIалда гьечIолъиялде».
Вашингтоналъ рикIкIунеб буго Крымалда Россиялъул политикаялъ «биххизабулеб бугин хIинкъигьечIолъиялъул глобалияб системаялъул кьучI ва гьелъул хIинкъи бугин Европаялда рекъелги парахалъиги букIиналъе».
Россиялъул къватIисел ишазул министрелъиялъул баяналда рекъон, Россиялъул делегациялъул вакилзабаз гьел гIайибал нахъчIвалел рукIана.
«Конституциялде данде кколареб куцалда нухмалъи хисараб Киевалъул хIукуматалъ бищунго цебе гьитIинал миллатаздехун гьабураб политикаялъ жинцаго хвезабуна Украиналъул цолъи...Гьел шартIазда Украиналда гъорлъ тIокIаб чIезе кIолеб букIинчIо Крымалъул автономиялда ва гьелъ Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул рихьизариязда рекъон, лъазабуна жиб лъидаго бараб гьечIолъиялъул»,-гьедин абулеб букIана Россиялъул делегациялъул вакилзабаз.