Энергетиказда дандечIун руго Дагъистаналъул жамагIатчагIи

Дагъистаналъул жамгIиял хIаракатчагIаз араб анкьалда республикаялъул бетIерасухъе битIараб кагътида сверун кинабгIаги жаваб гьечIо жеги. Гьеб хурхараб букIана энергия щвезелъун гьекъолел жал жакъа Дагъистаналда эркенго ричулел рук1иналда ва г1исинлъамалазцин гьел росун гьекъолел рук1иналда бан гьел ричизе гьукъи тIалаб гьабиялда.

Гьаб заманалда Дагъистаналъул бокьараб тукадаса, гIисиназ букIа чIахIияз букIа, батIалъи гьечIого росизе бегьула энергия щвеялъе гьекъолел батIи-батIиял лълъимал. Шагьаразул школазда, аскIор, хIухьбахъи гьабулел ахазукь, хIатта нухдасан рачIинагоцин кодор гьеб энергия кьолел жалазул банкаби ккурал школлъимал ва гIисинал гIолохъаби къойил дандчIвала. Гьел энергетиказул зарал бугин инсанасе, хасго лъималазул сахлъиялъе цIакъго кIудияб зарал гьабулин гьезилан ахIи базе лъугьун руго Дагъистаналъул жамагIатчагIи. Гьал къояз Дагъистаналъул жамгIияб палатаялъул гIахьалчагIаз гьел церехун рехсарал гьекъолел жал Дагъистаналда ричизе гьукъейин абун кагъат хъвана республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазанихъе.

Гьениб жамагIатчагIаз мухIканго хъван буго гьел энергия кьолел жалазул заралалъул хIакъалъулъ. Медицинаялъ чIезабун буго энергетиказ бидулъ чакар ва бидул тIадецуй цIикIкIинабулила, макьу хвезабулила, къаркъала свакан чIунтизабун букIунила, деперссия лъугьинабулилан. Гьел жалазда гъорлъ цIакъ гIемер букIунеб витамин В ялъ ракIкьабезабулин, кверал бохдул сородизарулин гьединлъидал лъималаз гьел хIалтIизаризе бегьуларилан. ЧIахIиязецин кIудияб заралги гьабулила гьезилан.

Энергия щвезелъун гьекъолел жал учузго ричулел рукIиналъ, I8 сон бан хадуб гурони гьекъезе бегьуларин тIад хъван букIаниги, бокьарав чиясул гьел росизе рес букIиналъ къойидаса –къойиде цIикIкIун хIалтIизарулел ругила гьел энергетикал гIолилаз, гьез жидедаго лъачIого жалго жидецаго чIвалел ругила гIун бачIунеб гIел. Гьеб киналъго цIакъ рахIат хвезабун бугила гIадамазулин хъван бугоан гьеб ГIабдулатIиповасухъе битIараб кагътиде. Хехаб заманалда жаниб республикаялда гьел церехун рехсарал гьекъолел жал тIубанго ричизе гьукъизе кколин, гьелъие хасаб къанунги бахъизе кколин рикIкIунеб буго жамагIатчагIаз.

Щиб къанун бахъаниги, гьеб хвезабуралъухъ кьварараб тамихI гьабулеб гьечIони яги гьелъул жаваб кьезе кколеблъи лъазабичIони, гIадамаз гьеб гIадахъ босуларин рикIкIунеб буго Дагъистаналда энергия кьолел жал ричизе гьукъеян тIалаб гьабун Рамазан ГIабдулатIиповасухъе кагъат хъваразул цояв, жамагIатчи МухIамадрахIимов Русланица.

МухIамадрахIимов Руслан: «Гьел ричизе гьукъи цо жо буго, гьукъун букIаниги гьел ричаралъухъ яги гьаруралъухъ кьварараб тамихI букIинабизе ккола. Дир пикруялда рекъон цохI гьукъун течIого хасаб къанун бахъизе коола гьел энергетикал республикаялде къазецин риччаларел. Берцинаб мацI бичIчIуларо нилъер чагIазда. Чан нухалъ нижер палатаялъги, гIолилазул батIи-батIиял жамгIиял идарабазги гIолилазда гьоркьоб гьел энергетиказул заралалъул бицунел бичIчIикьеялъул акциял гьарурал, чанцIул ниж арал тукабазде гьел жал ричугейин гIисинлъималазейиланги абун, амма нижер рагIи гIадахъ босулев чи ккечIо цониги. Цо-цояз уха ухайиланги абун толаан ниж, цо-цоял тIад релъулаан нуж щалила жидеда малъаризе ккани, жиндир тукада бокьараб бичилила жиндицайилан абун рагъизе лъугьаралги рукIана. Гьединлъидал лъикIаб мацI бичIчIулареб бакIалда букIине ккола кьварараб къанун, гьеб хвезабуразе тамихIги букIине ккола, кIудиял гIакIабиги къотIизе ккола гьезда тIад. Гъурщил гурони мацI бичIчIуларезда гьеб мацIалъ кIалъазе кколаха».

Дагъистаналъул жамагIатчагIаз абулеб буго энергетикал ричизе гьукъулеб къанун бахъизе ккани тIаде батIияб жо ургъизе кколарила, Россиялъул пачалихъияб думаялъул депутат Ризван Къурбановас гьел гьекъолел жал ричизе гьукъараб къанун бахъизе кколин абун хадуб, Краснодар икълималъул нухмалъи гьесда хадур рилълъанила ва 20I2 соналъул I сентябралдаса нахъе гьеб мухъалда гьукъун бугила кинал рукIаниги энергетикал ричизе. Гьездаго хадур рилълъун Дагъистаналдаги бахъизе ва билълъанхъизабизе кколила гьеб къанунилан.