Крымалъ Дагъистаналъе квал-квал гьабизе бугищ?

Крым Россиялда гъорлъе бачIиналда тIасан чанго батIиял пикраби загьир гьаруна гIадамаз. Киналго гуро рази ругел гьел тарихиял лъугьа-бахъиналдаса. Дагъистаналда ругезул пикрабазул цIех рех гьабуна нижер мухбирас.
«Крым кидаго букIана ва букIине буго россиялъул ракьлъун. Гьениб кинабго буцун буго нилъер тарихалъул ва маданияталъул гъаталда гъоркь.Улкаялъул тIалъиялда фашисталгун миллатчагIазул къапила бачIараб мехалъ Крымалъул халкъалъ нилъедаса гьарана кумек ва нилъер ихтияр букIинчIо гьезие жаваб гьабичIого тезе».

18 марталда Георгиясул кIалгIаялда Россиялъул президент Путин цеве вахъана федералияб мажлисалде гьабураб цIияб хитIабгун. Гьеб бухьараб букIана цIохIо Крым россиялде гъорлъе бачIиналда бан.

Араб гьатIан къоялъ Крымалда референдум тIобитIулеб мехалъ киналго ралагьун чIун рукIана щибдай алъул ккелебилан. ГIемерисезул щаклъи букIинчIо крымалъулаз россиягун гъорлъ рукIин таса бищизе букIиналда, гьедин ккезеги ккана.

«Эркенлъи» радиоялъ цебеккун цIех-рех тIобитIун гIадатиял гIадамазда гьоркьоб кинаб бугеб гьезул пикру Крымалда лъугьунеб ахIвал-хIалалда тIасан. Россиялде гъорлъе Крым бачIани лъикIиш квешиш абураб суал кьун нижеца гьезие.

ГIемерисезул жаваб букIана цоцада релълъараб. Бачине кколин щайгурелъул гьеб цебеги Россиялъул букIраб ракь кколелъулилан абулеб букIана гьез. Гьезулго пикру такрар гьабуна жамгIияв хIаракатчи МухIамадов ХIусеницаги.

МухIамадов ХIусен: «Гьеб цебего гьабизе кколеб хIукму букIана. 1954 соналъ Хрущевас Украинаялъе сайигъат гьабураб бакI букIана гьеб. Гьенир гIемерал нилъер вацал бусурбаги руго. Жакъа гъодин магIна гьечIого гаргадизе Украинаялъул цIияб тIалъиялъул чагIи лъугьиндал дагьалги магIна гьечIеллъун нилъги лъугьине ккола. ХIалчIахъаги Путинил, тавпикъ кьеги гьесие жеги 30 соналъги улкаялъе нухмалъи гьабизе».

Жиндир заманаялъ Крымалде ишан босун букIана гIемерал ханзабаз ва пачалихъалъул нухмалъулез. Гьединлъидал щибниги щаклъи гьечIин жакъаги гьениб лъугьараб хиса- -басиязда нахъа жеги кIудиял хиса-басиял рахчун рукIиналдаян абулеб буго тарихчи ХIажимурад Доногъоцаги.

Квешаб мисалалдаса гIемерисез кIудияб мисал босулеб гIадин гьанже цогидал автономиял республикабиги лъугьине бегьулин гьединалго жал хIазеян абулеб буго тарихчияс

ХIажимурад Доногъо: «Гьеб киналдаго гъорлъ бихьулеб буго кIудияб политикаги ва кIудияб хIайги. Дирго пикру гьикъани дица абила тIоцебе рахъкквезе ккола крымалъул татаразул. Гьел гьадинги гIемер къварид гьаруна заманалъги тарихалъги. ГьанжегIаги гьезул рекIел мурадал тIуразе ккола.

Россиялда гъорлъ ругониги Украинаялда гъорлъ ругониги, гьезие кибехун дандекколеб батаниги гьезул мурадал гIадахъ росизе ккола».

Крым Россиялда гьоркьобе бачIиналдалъун дагъистаналъе экономикияб рахъалъ зарал букIине бугилан рикIкIунеб буго «Дагъистаналъул бизнесчагIи» абураб ассоциациялъул нухмалъулев Пашаев Маирица.

Инвестициязул ва цогидалги магIишаталъул бутIаби церетIезариялъул рахъалъ Крым дагъистаналдаса гIемерго бечедаб бугилан рикIкIунеб буго гьес. Гьединлъидал дагъистаналде рачIунел дотациял крымалъе рикьизе бегьулилан пачалихъалъилан рикIкIунеб буго гьес.

Амма экономист ТIайгиб Мусаевасда гьеб тарихияб лъугьа бахъиналъулъ дагъистаналъе пайдаяб рахъги бихьулеб буго. Щайгурелъул Крымалъул инфраструкутра цебетIезабулаго гьенир гIемерал объектал разе ругин ва гьенир гIемерал хIалIухъаби хIажалъулел Дагъистаналдаса гьениве гIемерав чи ине бегьулилан абулеб буго ТIайгибица

Экономика цебетIезабиялъул харжазде балагьун Крым россиялъе Дагъистаналдасаги Сочиялъул олимпиадаялдасаги хираго чIезе бугилан абуна букIана хвеладе цересел къояз 2000 соназул байбихьуда Россиялъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министрлъун вукIарав Александр Починокица.

ТIолабго Крымалъул экономика бахъун чIезабизе хIажалъизе бугин лъабго триллионалдасаги цIикIкIараб гIарацилан абун букIана гьес. Гьебги бищун гIодобегIанаб къадаралда.