18 чи чIвана Афгъанистаналда

Афгъанистаналъул Нангархар вилаяталъул тахшагьар Жалалабадалда хамиз къоялъ гьабураб теракталъул хIасилалда 18 чи чIван вуго, гьезда гъорлъ анцIго полициялъулав, цо гражданияв ва тIаде кIанцIарав анкьгояв.

Афгъанистаналъул жанисел ишазул министр хисулев МухIамад Аюб Солангица гьабураб баяналда рекъон гьужум гьабун букIанин жалго жидецаго чIвазе хIукму гьабураз ва рикIкIадаса кьвагьулеб алат хIалтIизабураз.

Кьвагьи ккун хадусала гьезда ва полициялъулазда гьоркьоб бахъана кьвагьа ва гьелъул хIасилалда ккана гьел къурбаналги.