Алманиялъул Федералияй канцлер Ангела Меркелица хамиз къоялъ бундестагалда цее яхъун, лъазабуна, Евроцолъиялъул церехъабазул хиял бугин Россиялде данде лъазарурал санкциял кьваризаризе, гьелъ Украинаялде гъорлъе унеб Крым республикаялъул ракь бахъун букIиналъухъ.