Джо Байден - Варшаваялда

Талат къоялъ Варшаваялде официалияб сапаргун вачIарав Америкалъул Цолъарал Штатазул вице-президент Джо Байденица абуна Крымалда лъугьа-бахъараб - гьеб бугин чияр ракь бахъиялъул хIужа, ай унго-унгояб аннексия.

Гьес гьединго тIаде жубана – коллективияб хIинкъи гьечIолъи цIунулеб система кколин НАТОялъул аслияб ишилан ва ракIалде щвезабуна 2018 соналде Польшаялда ракетабаздаса цIунулеб система Польшаялда гIуцIиялъул план.

Байденил хиял буго Польшаялъул хIукуматалъул бетIер Дональд Тускгун, президент Бронислав Коморовскиясулгун, Эстониялъул президент Тоомас Хендрик Илвесгун, Литваялъул ва Латвиялъул президентал Грибаскайтегун ва Берзиньшгун дландчIвазе ва гьоркьоб лъезе Россиялъул президент Вадимир Путиниде гьабизе кколеб тIадецуялъул суал.