Крымалъул татараз хитIаб гьабуна Исламиял гьоркьорлъабазул гIуцIиялде

Крымалъул татаразул халкъалъул мажлисалъ хитIаб гьабун буго Исламиял гьоркьорлъабазул гIуцIиялъул гIахьалал улкабазда гьарун буго Крымалъул кризис рагIалде бахъинабиялъул суалалде.

«СССРалъул коммунистияб реждималъ 20 гIасруялъул бакьулъ жиндие геноцид гьабураб Крымалъул татаразул халкъалъул хIинкъи буго цIияб трагедия загьирлъизе бегьиялдаса. Нуж ахIулел руго Исламиял гьоркьорлъабазул гIуцIиялъул къадру-къимат кризис ракълилаб къагIидаялда рагIалде бахъинабиялъул мурадалда хIалтIизабиялде.» - ян абулеб буго Крымалъул татараз гьеб гIуцIиялъул генералияв секретарь Ияд бин Аминиде гьабураб хитIабалда.

Гьезул гIарзаялда кIвар буссинабулеб буго Крымалъул ракълилаб халкъалъухъ кинабгIаги ярагъ гьечIеб мехалда, региолда яргъид гIуцIарал «парамилитариятиял» къокъаби рукIиналъ жидер ургъел ккезабун букIиналде.