Евроцолъи хIадурулеб буго Россиялъул кIудиял хъулухъчагIазде данде санкцияби гьаризе

Европаялъул банказда ругел счетал цIорозаризе ва визабазда хурхун гIорхъаби чIезаризе бегьулел 130-ялде гIунтIун Россиялъул кIудиял хъулухъчагIазул сияхI гIуцIун буго Евроцолъиялъ. Гьединаб документ хIадур гьабун буго Россиялъ Крымалда хурхун гьарулел галаби ракIалде росун, Евроцолъиялъ Россиялде данде, лъазаризе бегьулел санкциязул гIорхъабазда.

Гьеб сияхI гIуцIун рагIула Россиялда хIалтIиялъул хIалбихьи бугел дипломатаз.

Bild абураб немцазул газетаялъ лъазабулеб буго, жидеде данде санкцияби хIалтIизаризе бегьулезул сияхIалда гъорлъ вугин Россиялъул улка цIуниялъул министр Сергей Шойгу, премьер-министр хисулев Дмитрий Рогозин, президентасул администрациялъул бетIер Сергей Иванов ва ХIинкъигьечIолъиялъул мажлисалъул секретарь Николай Патрушев, гьединго президент Владимир Путинил чанго кумекчи.

Гьеб документ гьоркьоб лъезе ракIалда буго итни къоялда.