Донецкалда ккун вуго митингалда провокация гьабиялъул щаклъи бугев ункъго чи

Донецкалда ккун вуго Украиналъул ва Россиялъул рахъ ккурал митингазул гIахьалчагIазда гьоркьоб тунка-гIуси багъаризабиялъул щаклъи бугев 4 чи.

Гьелъул хIакъалъулъ Facebоok-алда бугеб жиндирго гьумералда хъвалеб буго Украиналъул жанисел ишазул министр Арсений Аваковас.

Гьесул рагIабазда, ралагьулел руго цогидалги, унеб буго цIех-рех. Ахирисел лъазабиялда рекъон, Донецкалда маркIачIуда кIиго батIияб митингалъул гIахьалчагIазда гьоркьоб ккараб тунка-гIусиялъул хIасилалда хун вуго лъабгояв, 50 гIанав чиясе зарал ккун буго.

Ленинил цIаралда бугеб майданалда тIоритIулел митингазда жиб-жиб рахъалда гIахьаллъулев вукIун вуго аза-азар чи.

Россиялъулдехун балагьарал гIадамазул иргадулаб акция Донецкалда тIобитIизе планалда рагIула 15 ва 16 марталда. 16 марталдаго Крымалда тIобитIулеб буго референдумги.