Шамат къоялда Москваялда тIоритIизе руго батIи-батIиял гIуцIабазул маршал

Жиндирго батIа чIараб колонна гIуцIун «Яблоко» партия гIахьаллъизе буго шамат къоялда Москваялда тIобитIизесеб «Ракълилаб маршалда».

«Солидарность» багъа-башариялъ, РПР-ПАРНАС, «5 декабралъул партиялъ, «Прогрессалъул партиялъ» ва гражданиял хIаракатчагIаз хIадур гьабураб маршалъул вакильзабаз абулеб буго, гьеб акция тIобитIулеб бугин Россиялъ Украиналъул суверенитет хвезабиялде ва Крымалде рагъулаб интервенция гьабиялде дандейин.

Маршалда гIахьаллъиялъул хIакъалъулъ лъазабун буго гьединго цо-цо квагIал багъа-башариязги. «Независимая газетаялъ» хъвахъе, Москваялде рачIине бегьула Киевалъул «Майданалъул» вакильзаби, бачIине бегьула «Океан Эльзы» абураб Украиналъул музыкалияб къокъаги.

Гьебго заманалда «СССР 2.0» абураб багъа-башариялъул лидер Сергей Кургинянида ракIалда рагIула гьебго заманалда жиндирго «Вацлъиялъул ва гражданияб дандечIеялъул марш» тIобитIизе.

Шамат къоялъул акциязда хIинкъигьечIолъи цIунизе рагIула лъабазарго полициялъулас. «Москваялъул «Ракълилаб маршалъул» рахъ ккун Россиялъул цо-цо шагьараздаги тIоритIизе рагIула жидерго акцияби.