Дамаскалда Ярмук абураб мархьиялда вакъун хун вуго 128 чи

Сириялъул хIукуматалъул къуватаз сверун ккун бугеб жидерго бакIаздаса лъутизе ккаразул Дамаскалда бугеб Ярмук абураб мархьиялда вакъун хун вуго бищун дагь босун 128 чи.

Гьединаб информация кьолеб буго жиндирго цIияб докладалда Amnesty International абураб халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ.

Сириялъул нухмалъиялъ оппозициялъул рахъ ккурал ракъиялде ккезари хIалтIизабулеб буго ярагъ хIисабалдайин, лъазабулеб буго гьеб гIуцIиялъ.

«ГIадамал гьабигун кутул кванаялде ккезарун руго. Квен балагьизе къватIире рахъарал гIадамал чIвалел руго снайпераз. Гьединаб ахIвал-хIал Ярмукалда буссун буго гIадатияб ишалде» - ян лъазабун буго Amnesty International гIуцIиялъул ГIагараб Машрикъалъул бутIаялъул бетIер Филип Лютерица.


Сириялъул президент Башар Асадил режималде данде чIарал оппозициялъулал гьеб кварталалде жанире рачIун рукIана 2012 соналъул ахиралда. Гьелъие гIоло палестинаялдаса лъутараз гIумру гьабулеб Ярмук буссана захIматал тунка-гIусиязул аренаялде.

Гражданиял гIадамазе гуманитарияб кумек гьабиялъе квал-квал гьабунгутIиялде ахIулеб резолюция тасдикъ гьабуна араб моцIалда Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул мажлисалъ. Амма гьабин абулеб куцалда ахIвал-хIал хисиялъе багьана гьанжеги гьечIо.