Кэтрин Эштон Тегераналда

Тегерангун гьелъул атомияб яргъида сверун кIалъа-ралъаязда киназего данде кколеб хIукмуялде рахъал рачIине рукIиналъул киналгIаги гарантиял гьечIо. Гьедин лъазабуна Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул идараялъул бетIер Кэтрин Эштоница гьатIан къоялда Тегераналда. Гьелъ гьениб Ираналдаса жиндирго коллега Джавад Зарифида цадахъ кьолеб букIана пресс-конференция.
Зарифица абулеб букIана Тегераналъ къотIи-къаялда кьоркь гъулбасизе бугин гьелда Ираналъул ихтиярал цIунун ругониян.

Эштон Тегераналде щун йикIана шамат къоялда Ираналъул атомияб программаялда сверун гьеб улкаялъул нухмалъигун консультациял гьаризе ва Евроцолъигун Ираналъул гьоркьорлъабазда хурхарал суалал рорхизе.
Араб соналъул ноябралъул ахиралда Ираналъ ва дунялалъул анлъго улкаялъ-
Америка, Британия, Франция, Алмания, Китай ва Россиялъ – къотIи гьабун букIана Тегераналъ уран бацIцIад гьабиялъул цо-цо хIалтIаби чIезе таралъухъ ва атомияб объектазде халкъазда гьоркьосел инспекторал ричIчIаралъухъ Ираналде данде ругел санкциял тамах гьаризе.