Балагьулеб буго «Малазиялъул авиамухъал» авиалайнер. Гьелда тIад вукIун вуго 239 чи. Малайзиялъул тахшагьар Куала-Лампуралдаса боржун кIиго сагIтидасан ракьалъулгун бухьен ва радараздаса жибго билараб «Боинг 777» балагьизе Китаялъ битIун буго кIиго гама.
Вьетнамалъул информалатаз рагъулазда мугъчIвайгун лъазабулеб буго гьеб авиалайнер Вьетнамалъул рагIалда ралъдалъе бортанин.
Гьелдасаги цебе авиакомпаниялъул вакилас CNN-алъе лъазабун букIун буго лайнералъ балагьалъул сигналал кьолел рукIинчIин.
Гьелда тIад вукIун вуго 14 батIи-батIияб улкаялдаса гIадамал, аслияб къагидаялда гьел Китаялдаса рукIун руго. РукIун руго гьелда тIад Россиялдаса ва Украиналдаса гIадамалги.
Куала-Лумпуралдаса Пекиналде боржараб гьеб Китаялде щвезе кколеб букIун буго шамат къоялъул радал.