Турчиновас нахъе бахъун буго Крымалъул ТIадегIанаб Щураялъул хIукму

Украиналъул президентасул ишал тIуразарулев, ТIадегIанаб Радаялъул спикер Александр Турчиновас нахъе бахъун буго Россиялде гъорлъе лъугьинелъун референдум тIобитIизе Крымалъул ТIадегIанаб Щураялъ къотIараб хIукму. Радаялъул вице-спикер Кошулинский Русланица абун буго жидее къваригIун бугин гьеб проблема дипломатияб къагIидаялда рагIалде бахъинабизе, щайгурелъул Россиялъе рагъулаб дандечIей гьабизе жидеда кIолареб букIунин. Гьедин лъазабулеб буго УНИАН агентлъиялъ.
Москваялда вугев Крымалъул парламенталъул спикер Владимир Константиновас лъазабун буго 16 марталда референдум тIобитIун хадуб тIолабго Украина Россиягун цолъизе квер-бакъизе бугин крымалъулазин. Гьебго рузман къоялда лъан буго Украиналъул банказе Константинов 100 млн. долларалъул налъулав вукIин.