Дагъистаналда холезул къадар дагьлъун буго

Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул баяназда рекъон, цересел саназде дандеккун дагъистаналда холел гIадамазул къадар дагьлъун буго. Бищун гIемер гIадамал бидул унтабаз холел руго, хадусеб бакIалда руго онкологиялъул унтаби. Автомобилалда авария гьабунги гIемер чи холев вуго республикаялда, амма Россиялъул цойги регионазде дандеккун Дагъистаналда холезул къадар 2 нухалъ дагь буго.
Гьал къоязда Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ 2013 соналъул хIасилал гьаруна. Гьезда рекъон цебеялде дандеккун 2013 соналъ хваразул къадар дагьлъун буго 1,4% . Гъоркьисала Дагъистаналда бищун гIемер чи бидул унтабаз хун вуго. Гьеб сияхIалъулъ кIиабилеб бакI кколеб буго онкологиялъ унтун хвараз. Махх-чараналдасан гIажал щун, ай автомобилазул аваризе гIоло, нилъедаса ратIалъараз лъабабилеб бакIалда руго.

Гьебго министерлъиялъ лъазабухъе киданиги букIинчIеб хIалалъ дагьлъизабизе кIун буго республикаялда холел лъималазул къадар, гьеб I6 проценталъ дагьлъун буго.

Гьеб къадар дагьлъиялъе аслияб гIиллалъун кканила Дагъистаналъул тIалъиялъ лъималазул сахлъицIуниялде цIикIкIун кIвар кьолеб букIин. Гьедин гъоркьисала 29 лъималгьарулеб ва гьезул сахлъи цIунулеб азархана рагIа-ракьанде щун къачIан буго. Азарханаялда букIине кколеб 577 цIияб медицинаялъулаб аппарат босанин, республикаялъул ункъго лъимал гьарулеб рокъоб рагьанила лъималазул ва жидерго сахлъицIуниялъе улбузда малъа-хъваял гьарулел бакIал, гьелго малъа-хъваял гьаризе тохтурзаби рокъо-рокъоре хьвадулеб къагIидаги гIуцIун бугин, гьеб кинабго сабаблъун кканин холел лъималазул къадар дагьлъизабизейилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министерлъиялъ.

Гьединго гъоркьисала Дербенталда ва Хасавюрталда ран рахъун руго цIияб къагIидаялъ гьарурал, кинабгохIажатабщинабги жаниб бугеб лъимал гьарулел рукъзал. 2014 соналъ Дагъистаналъул аслияб азарханаялда цебе букIаралде тIаде, 300 чиясе бакI бугеб лъимал гьарулеб бутIа бан лъугIизабизе бугин абурал баянал кьолел руго министерлъиялъ.

Тохтурзабаз рикIкIуна чIахIиязул онкология сахгьабизе кIвечIониги, чанги гьеб квешаб унтуца унтарал лъимал сахлъизаризе кIолин, гьединлъидал лъималазул онкологиялде цIикIкIун кIвар кьезе кколилан. Ахирисел баяназда рекъон нилъер республикаялда онкологиялъ унтараб 2000 гIан лъимер буго. Заманалда букIине кколеб медицинаялъулаб кумек щвани гьел чIаго хутIиялъе, гьезул чангиял сахлъизецин рес бугин рикIкIунеб буго тохтур-онкологлъун цIалулей йигей Дагъистаналъул «Живи и подари жизнь другому» абураб рахIму-цIобалъул фонд гIуцIарай Керимова Лейлаца.

Керимова Лейла: «Нижер фондалъ республикаялъул лъималазул азарханаялда регун ругел гемато-онколоялъ унтарал лъималазул тIалаб гьабизе тIаде босун буго. Гьезул гIемерисел рукIуна гьарураб мехалдаго онкологиялъ унтарал, яги цIакъго гьитIинго гьеб унтул квачIилъе ккарал. Гьезул чангиязда моцIаца къватIибакI бихьуларо, тохтурзабиги аскIов тIалабалъе тарав чи гурони вихьуларо, щай гурелъул гьезул гьезул иммунитет цIакъго дагьлъун букIуна. Гьединлъидал щиб гьабунги гьел лъималазул ракI батизабизе батIи-батIиял жал ургъула нижеца.

Щибаб санайил тIобитIула «Хасаб къисматалъул лъимал» абураб гьел унтарал лъималазул суратал рихьизари. Гьез рахъарал суратал ричула нижеца гьенир. Ричун щвараб гIарацги гьезие дараби росизе кьола. Гьеб гурониги батIи-батIиял концертал, рахIму-цIобалъул акциял, тIоритIула нижеца, цIакъ кIудияб кумек гьабула интернеталда социалиял сайтазда нижеца гьел унтарал лъималазе гIарац бакIариялъе тIоритIарал акциязги. Гьезие къваригIунел дараби цIакъ хираголъидал рукIунел, гьезул эбел-инсуе цIакъ захIмалъула гьел росизе. Чан чиясдаха кIвелеб 100 азарго гъурущ кьун дару босизе, гьединалги рукIуна гьел. Гьедин бакIарун щвараб гIарцуде цо-цоязе дарабир росула нижеца, исана февраль моцIалъ гьел суратал рихьизариялда щвараб гIарцуде нижеца гьеб онко-гематологиялъ унтарал лъимал сахгьарулеб бутIаялда къваригIунеб медицинаялъулаб техника босана».

Ахиралда абизе ккола Россиялъул цойги регионазде дандеккун Дагъистаналда социалиябгун-экономикияб рахъ нахъеккун букIаниги, лъимал гьариялъул рахъалъ Дагъистан цебе ругилан. Гьединго Россиялъул цойги регионазде данде ккун Дагъистаналда холезул къадарги кIиго нухалъ дагь буго, тIаде гьаруразул къадар хвараздаса 13 проценталъ цIикIкIун буго.