Россиягун Украиналъул цо-цо чагlазде данде магърибалъул санкциял

Америкаялъ визабазул санкциял гьарулел руго, Цолъарал Штатазул пикруялда, «Украиналъул суверенитеталъе, территориялъе, гьениб хIинкъигьечIолъи, парахалъи ва рекъел букIинабиялъе» хIинкъи бугел Россиялъул ва Крымалъул гражданазде данде.
Президент Барак Обамаца гьединго кьуна гьел гIадамазул Америкаялда ругел активал цIорозаризе буюриги. Гьеб сияхIалда ругел гIадамазул цIарал къватIир чIвазарун гьечIо.

Гьединго Брюсселалда хамиз къоялда Евроцолъиялъул лидераз дандралел рукIана Украиналъул Крымалде аскарал рачараб Москваялде данде гьаризе бегьулел санкциял.
Гьез къватIир чIвазарун руго Евроцолъиялъул улкабазда активал цIорозарурал Украиналъул гIадамазул цIарал. Гьезда гьоркьор руго рехарав президент Виктор Януковичил, премьер-министрлъун вукIарав Николай Азаровасул, х1инкъигьеч1олъи цIуниялъул хъулухъалъул бетIерлъун вукIарав Александр Якименкол, генералияв прокурорлъун вукIарав Виктор Пшонкал, жанисел ишазул ва юстициялъул экс-министрал Виталий Захарченкогун Елена Лукашил ва Януковичасул вас – Александрил цIарал.
Санкциял къуваталде лъугьине руго 6 марталда ва халат рахъине руго 12 моцIалъ.