Евроцолъи хIадураб буго гIагараб кIиго соналда жаниб Украиналъе 11 млрд. евроялда бащадаб гIарцул кумек гьабизе.
Еврокомиссиялъул нухмалъулев Жозе Мануэль Баррозуца лъазабухъе, гьеб гIарац ине буго реформабаздехун нух босараб Украиналъул хIукуматалъе кумекалъе.
АрбагI къоялдаго Украиналъ Россиялъе бецIана газалъухъ 10 млн. доллар, амма гьебго заманаялда лъазабуна февраль моцIалда босараб газалъухъ гIарац кьезе жидеда жеги кIолеб гьечIинги.
«Газпромалъул» бетIер Алексей Миллерица лъазабуна 7 марталдаса нахъе Украиналда бугеб тIолабго налъул къадар кIиго млрд. долларалде бахине бугин.