Каиралъ Гьамас гьукъун буго

Мисралъул диванханаялъ гьукъун буго Газа секторалъе контроль гьабулеб Палестиналъул Гьамас абулеб радикалияб къукъа. Гьединго арест лъун буго гьелъул активазда тIад.

Каиралъ Гьамасалда гIунтIизабулеб буго рехарав президент МухIамад Мурсигун ва «Вацал-бусурбаби» багъа-башаригун зулму бекьизелъун балъгоял къотIиял гьариялъул гIайиб.

1987 соналда Гьамас гIуцIараб «Вацал-бусурбаби» багъа-башари Мисралъул тIалъиялъ араб соналъул декабрь моцIалда лъазабун букIана террористияблъун ва гьеб улкаялда гьукъун букIана.

Гьамасалъ какулеб буго Мисралъул диваналъул хIукму ва абулеб буго гьелъ квал-квал гьабулеб бугин палестиналъул халкъалъул аслиял мурадазе гIоло гьабулеб къеркьеялъейин.