Исламабадалда чlван вуго 11 чи

11 чи хун вуго Пакистаналъул тахшагьар Исламабадалда шагьаралъул диванаханаялде гьужум гьабиялъул хIасилалда. Лъукъун вуго 20ялдаса цIикIкIун чи. БакIалъул полициялъул баяназда рекъон, чанго чи кьвагьулаго лъугьун вуго диванчагIазул офисал ругеб минаялъуре ва гьезул кигояв живго кьвагьизавун вуго. Гьеб акталъул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо.