Пакистаналда 12 чи чIван вуго

Пакистаналъул Шималиябгун-магърибалъул рахъалда шамат къоялъ бахъараб лъабго кьвагьиялъул хIасилалда 11 рагъулав хъулухъчигун цо лъимерги чIван, ва жеги 11 чи лъукъун вуго.

БакIалъулаб тIалъиялъул баяналда рекъон хIужа кканин Пешавар шагьаралъул сверухълъиялда. Гьеб букIанин гьениб полиемелит унтиялде данде лъималазе гьабулеб вакцинациялъе тIалибаз гьабураб жаваб.

Нухда рахчун тарал кьвагьулел алатал гьез хIалтIизаруна аскIоса медикаментал рачунел автомашинабазул колонна унеб мехалда. Гьелдаса нахъе кьал багъарун букIана тIалибазда ва полициялъулазда гьоркьоб.