Россиялда халат бахъунеб буго пайда гьечIел цIалул идараби къаялъул тадбир. 25 февралалда «Рособоронадзор» абураб гIуцIиялъ баян гьабуна лъай кьеялъул программа билълъанхъизабизе изну кьолеб лицензиялдаса махIрум гьарурал тIадегIанал цIалул идарабазул цIияб сияхI.
Кинабниги гьениб буго 120 батIияб Россиялъул тIадегIанаб цIалул идара. Гьезда гьоркьоб буго Дагъистаналъул кIиго лъай кьеялъул идараги.
«Рособорононадзор» абураб гIуцIиялъ лицензиялдаса махIрум гьабун буго кIиго Дагъистаналъул цIалул идараги. Гьел ккола «Дагестанский институт прикладного искусства» ва «Социально Экономический инистут» абурал тIадегIанал цIалул идара.
Кинабниги араб соналъ гьарурал хIалтIабазда рекъон «Рособороннадзор» гIуцIиялъ лицензиялдаса махIрум гьарун руго Россиялъул 120 тIадегIанаб цIалул идара.
Пайда гьечIел тIадегIанал цIалул идараби лицензиялдаса махIрум гьаризе ккеялъул хабар тIоцебе къватIибе бачIана 2012 соналдаго.
Доб мехалъ рехсараб гIуцIиялъ хIадур гьабураб сияхIалда гъорлъе унел рукIарал Дагъистаналъул Пачалихъияб университет хутIун хутIарал киналго республикаялда ругел тIадегIанал цIалул идараби.
Гьединлъидал кватIичIого гьел къаялъул хIинкъиги букIана. Гьелдаса гьел хвасарлъизе бегьулаан 7 ноябралде Россиялъул лъай кьеялъулгун, гIелмуялъул министерлъиялде гьез хасаб документ битIани.
Абулеб букIана гьениб хъван букIине кколин гьел цIалул идараби чара гьечIого къваригIун ругин Дагъистаналъе, социалиябгун экономикияб рахъалъ республикаялъе гьезул кIвар кIудияб бугилан.
Амма хъванищ республикаялъул тIалъиялъ гьединал кагътал министрасухъе хъвачIебищали Дагъистаналда жеги мухIканго лъаларо, амма Ливановасул идараялъ тIобитIараб цIех-рехалъ цIакъ кIудияб ахIи-хIур бахъинабун букIана жибго республикаялдаги, гьеб тун къватIибехунги.
Кин батаниги, дагъистаниязул рахъалъ гIемер рагIизе бегьула республикаялъул цIалул идарабаз кьолеб лъаялдаса разилъи гьечIолъи.
Гьебго пикру «Эркенлъи» радиоялъе тасдикъ гьабуна Дагъистаналъул лъай кьеялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ГIамиродинов МухIамадицаги.
Жидер гIуцIиялъул бербалагьиялде гъорлъе унин Дагъистаналъул пачалихъиябги педадогиябги ва гьединго политехнический университетги, гьединлъидал гьел рикIкIен гIемерал филиалазул ва хасаб бетIергьанлъиялъул цIалул идарабазул хIакъалъулъ жинда мухIанаб баян лъалариланги мукIурлъана гьев, амма тIуранго гъорлъе раккун хал гьабичIониги гьел киналго цIалул идарабаз къатIире риччалел студентазухъ балагьун абизе кIолин гьел цIалул идараби пайда гьечIеллъи.
ГIамиродинов МухIамад: «Жакъа Дагъистаналъул тIадегIанал цIалул идарабаз къватIиве виччалев ватани 35 азарго студент киналго гьел филилалги дандекъан малълъани 100 азаргоги виччазехъин вуго гьез, амма чан виччаниги гьезул пайда бугищ жакъа.
ГIадатияб масъала гьабун бажаруларев экономистги къануназул гIуцIи лъаларев юристги виччалев вугони кинаб пайдаха гьезул пачалихъалъеги халкъалъеги букIинеб? ХIатта гьел филиалалищ пайда бугел ругел ялъуни хIукуматалъул цIалул идарабийищали гьел дандеккевезецин захIмат буго дие.
Жакъа бокьараб Дагъистаналъул шагьаралда ва мухъалда тIадегIанаб цIалул идара рикIкIунеблъун букIине ккани гьелъие къимат кьезе кколаха гьеб жаниб бугеб минаялъухъ, гьенир хIалтIулел профессоразул ва мугIалимзабазухъ балагьун.
Амма цебе ккараб гъоркьарокъоб рагьараб филиалги лъугIун къватIиве вачIарав студентасда щиб лъайха букIинеб? Узухъда гьединал цIалул идараби къазе ккола, гьел къай нилъеги кIудияб пайда буго».
Жакъа хIукуматалъулилан рикIкIунел цIар бугел Дагъистаналъул тIадегIанал цIалул идарабаз къватIире риччарал гIолилазецин хIалтIи щолеб гьечIеб мехалъ гьел пайда гьечIел цIалул идарабазул бицинейищин ккелебилан тIаде жубана
ГIамиродиновас хадубги.
Амма дагьаб батIияб пикру буго пайда гьечIел цIалул идараби лицензиялдаса махIрум гьариялда тIасан Лачинов Лачинил.
Гьев гьабсагIат халтIулев вуго Санкт Петербург шагьаралда бугел тIадегIнаб цIалул идараялда. Чанго соналъ цеве абуни гьес дарсал кьолел рукIун руго Москаялъул пачалихъалъул универститеталъул МахIачхъалаялда бугеб филиалалда.
Лачинил пикруялда рекъон пайда гьечIел цIалул идарабазул хIакъалъулъ лъай кьеялъул министерлъиялъ хIадур гьабураб хасаб документалда гIемерал гъалат Iал ругилан рикIкIунеб буго гьес.
Лачинов Лачин: «ЦIалул идараби пайда гьечIел рукIин бихьизабулеб щуго роцен буго гьезул документалда.
ТIоцебесеб роцен буго пуланаб цIалул идараялъ къватIире риччарал студентазе хIалтIи щолеб бугищ гьечIищ абураб. Гьелъул рахъалъ босани Москваялъул тIадегIанаб цIалул идараялъул МахIачхъалаялда бугеб филиалазул тIокIлъи буго Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталде дандеккун.
Дун гьеб филилалда хIалтIулебгIан заманалда жаниб чанги студентасе щиван хIалтIизе бакI, гьелдаго цадахъ Дагъистаналъул Пачалихъияб университет лъугIарал гIолилал ралел бакIазданиги, даран-базаралда гьоркьор рукIуна хIебтIун.
КIиабилеб роценлъун буго гьеб цIалул идараялъ кигIанасеб хайир кьолеб бугеб пачалихъалъе. Баян гьабун абуни кигIан гIарац бакIарулел бугеб гьелъ абун кколеб буго гьелъул магIна.
Цебе лъикIаб цIалул идаралъун рикIкIунаан гьелъ лъай бугел махщел камилал гIолилал пачалихъалъе хIадурулел рукIин. Гьанже ТIадегIанаб цIалул идараялъе къимат кьолеб буго гьелъул гIарац гьабизе бугеб махщелалъухъ балагьун.
Гьелда кинабха цIар лъолеб? Дица гIантаб пикрулъун рикIкIуна гьеб кинабго».
Дагъистаналда ругел пайда гьечIел цIалул идарабазул суал борхун букIана араб соналъ «Риа Новости» агентлъиялъе кьураб пресс-конференциялда Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаницаги.
Цебе жинда лъалеб мехалъ Дагъистаналда букIанин щуго бищун рикIкIунеб тIадегIанаб цIалул идара. Гьанже абун батIи-батIиял филиалалги малълъун гьезул къадар 56-ялде бахун бугин. Гьел киназдасаго бацIцIад гьабизе кколин республикаян абун букIана бетIерас.