Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица арбагI къоялъ Вашингтоналда журналистазулгун тIобитIараб данделъиялда лъазабуна, нагагьлъул Россиялъ рагъулаб къагIидаялда Украиналъул жанисел ишазде гъорлъе жубани, гьеб кIудияб ва балагьаб гъалатIлъун букIине бугин абун.
Керрица гьединго тIаде жубана Цолъарал Штатаз Украиналъе гIарцул кумек гьабизехъин бугин миллиард долларалде бахунеб. Гьелда релъараб калам гьабуна НАТОялъул генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссеницаги.
Россиялдехун вуссун гьес абуна ахIвал-хIал хIалуцинабулел ишал гьаризе гIедегIугеян.