Крымалда тунка-гIуссиял

Крым татаразул хIаракатчагIи Крымалъул ТIадегIанаб Радаялъул минаялда цере. Симферополь, 26 февраль.

Крымалъул автономияб республикаялда тунка-гIуссиял байбихьана аза-азар крым татаразда ва «Евромайдан-Крым» абулеб багъа-бачариялъулги «ГIурусазул Цолъи» абулеб партиялъул гIахьалчагIаздаги гьоркьор.

Крым татаразул хIаракатчагIаз Радаялъул минаялда цере ахIулел руго «Хъачагъал яре» ва «Крым – Россия гуро, Крым ккола Украина» абулел игIланал.

Гьел разиял гьечIо Украиналъул цIияб тIалъи къабул гьабулареб Крымалъул парламенталда ва тIалаб гьабулеб буго талат къоялъ букIине кколеб парламанталъул данделъи нахъе бахъи.

ГIурусазул багъа-бачариялъул вакилзабаз Россиялъул байрахъал ккун, Крымалъул ТIадегIанаб Радаялъе жидерго квербакъи загьирабулеб буго.