Украиналъе экономикияб кумек гьабизе бегьула халкъазда гьоркьосеб жамгIияталъ

Украиналъул парламенталъул хIукмуялда рекъон, заманалъ президентасул тIадкъаял тIуразаризе тIамуна парламенталъул спикер Александр Турчинов. Гьесул рагIабазда, цIияб миллияб цолъиялъул хIукумат гIуцIизе буго талат къоялда.

Парламенталъ гьаркьал кьун жиндирго хъулухъалдаса махIрум гьавун вуго къватIисел ишазул министр Леонид Кожарь.

Кив вугевали вукIарав президент Виктор Янукович гьанжеги лъалеб гьечIо. Жанисел ишазул министрасул тIадкъаял тIуразаризе тIамурав Арсен Аваковас лъазабухъе, гIорхзъаби цIунулез, Януковичие нух къан буго Донецкалда улка тун къватIиве воржине.

Украиналъул парламенталъ хисизабун буго гIурус ва цогидал миллатазул мацIал хIалтIизари гIатIилъизабиялда хурхараб Виктор Януковичил Регионазул партиялъ кIвар кьун 20I2 соналда къабул гьабураб къанун.

Цолъарал Штатал ва Халкъазда гьоркьосеб валютаялъул фонд разилъун буго Украиналъул экономика рукIалиде бачиналъе финансазул кумек гьабизе.