Тегераналъул ядерияб программаялда сверун кIалъа-басаял халат рахъине руго

Ираналъул ва Китаялъул, Франциялъул, Цолъарал Штатазул, Россиялъул, Британиялъул Германиялъул вакильзабаз Венаялда тIобитIараб саммиталда гьоркьоб лъуна Тегераналъул ядерияб программаялъул суал. Рахъаз хIукму гьабуна марталда кIалъа-басаял халат рахъинаризе.

КъватIисел ишазда ва хIинкъигьечIолъиялъул политикаялда сверун Евроцолъиялъул вакил Кэтрин Эштоница лъазабуна, гара-чIвари букIанин продуктивиябин, амма цебе гIемер хIалтIи бугин.

КIалъа-басаязул гIахьалчагIаз баянлъизаруна перспективаялда гьоркьор лъезесел бахIсал ракIкIизарурал темаби.

Ираналъ ноябралдаго инкар гьабун букIана жиндирго цIиял уран бечелъизабулел центрифугаби хIалтIизе риччаялдаса. ТоххалчагIаз гьеб гали рикIкIана гIуралъ кIудияб бергьенлъилъун захIматаб, гIемер соназ халат бахъунеб кIалъа-басаязул процессалда.