Шамат къоялда Мах1ачхъалаялда «афгъаналъулазул
25 соналъ тIатIала 15 февралалда Дагъистаналъул афгъаналъулал ракIарула МахIачхъалаялда бугеб «афгъаналъулазули
Гьенир ракIалде щвезарула ичIго соналъ халат бахъараб рагъул гIахьалчагIи. Гьеб рагъулъ камуна 140 дагъистанияв, чIван хадув гьезул кIигояв мустахIикълъана Совет Союзалъул БахIарчи абураб цIаралъе. Жеги 800 дагъистаниясе щвана рагъул батIи-батIияб даражаялъул шапакъатал. Кинавниги лъабазариде гIунтIун дагъистанияв витIун вукIана гьениве.
Афгъанистаналда рагъ байбихьун тIоцересел соназго гьенире ритIарал рагъухъабазда гьоркьов вукIана ЧIарада мухъалъул ГIириб росулъа МухIамадов МухIамадги. Афгъанистаналде гьев витIун вуго Алманиялда хъулухъ гьабулев вукIаго.
МухIамадов МухIамад: «Алманиялда хасалил ругьунлъабазда рукIана ниж. Цинги ахIвал-хIал гьединаб бугилан ритIана Афгъанистаналде. ГIорхъоде щведал гIуцIана хасаб къокъаги. Гьенире ритIулел рукIин нахъа лъана, байбихьуда лъалеб букIинчIо. МугIрул рукIана дора, гьединлъидал бакIаб артиллерияги букIун, хадур ниж нахъе рачана дораса, ниж хисун лъелал къокъаби риччана. Гьедин Афгъанистаналда микьго моцI бана дица. ТIоцере гьенире жанире лъугьарал аскарал рукIана ниж. Гьелде щвезегIан партизанал рукIана дора. Муджагьидазулгун кьаби кколаанха. Жибго халкъ буго дозул цIакъ язихъаб, мискинаб, гурхIараб халкъ. Жанир чIолел рукъзал руго хIарщул, саманалъул гьарурал, тIад тIохалги гьечIел. ГIодоса эхедего рагъун ругьунаб жамагIат бугоха дозул. Цо рахъалъ, жидерго ракь цIунулел чагIи рукIанаха дол. ГIайиб букIинчIо гьезда. Гьезухъе кьолел баянал батIи-батIиял рукIиндал, гьединлъидал гьезда ниж жидер ракь бахъизе рачIарал чагIилъун рихьулел рукIана. Амма хадуб бичIчIанаха. Нижни гьел хвасар гьаризеян ун рукIана. Хадур ниж нахъе унелъулги рукIана дол кверал хьвагIулел «гIурусал, нахъе а, гIурусал, нахъе а!» ян».
Афгъанистаналдас
Закаряев Камалудин: «ГIумру унеб бугоха гьадин. Амма гьезде божун нижги чIун гьечIо… Гъолдаса нахъе кьолел гьечIо рукъзал. Дагьалъ цебе рагIун букIана нижее цо мина балеб бугилан. Гьанжеги нахъбахъунищ гьеб хIукму бугебали, лъаларо, цо хабар буго».
ЦIунтIа мухъалъул Кидироса Камилов МухIамадица Афгъанистаналда лъагIелги микьго моцIги бан буго. Гьениса тIадвуссун хадуб пачалихъалъ гьесие вукIа-вахъине яги хъизан хьихьизе киналгIаги шартIал чIезарун гьечIо. Гьес абулеб буго жиндир цIараладса пайдаги босун, гьереси документалги гьарун чияца ун батанин жиндие кколеб гIарац.
Камилов МухIамад: «ГьечIо, рукъги гьечIо, гIарацги гьечIо. ТIоцебего биччараб гIарацги бикъана».
ЭР: «Лъица бикъараб?»
Камилов МухIамад: «ХъулухъчагIазха
ПалхIасил, Дагъистаналъул «афгъаналъулал» рази гьечIо пачалихъалъ жидедехун бихьизабулеб бугеб бербалагьиялдаса