Сириялъул рахъазул диалогалъ хlасил кьечlо

Сириялъул оппозициялда ва хIукуматалъул вакиллъиялда гьоркьор кIалъа-ралъаязул кIиабилеб раунд рагIалде бахъана хIасил ккечIого. Шамат къоялда гьеб кIиябго делегациягун дандчIвана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ва ГIарабазул улкабазул Лигаялъул хасав вакил Лахдар Брахими. Гьеб данделъи бихханин абизе бегьула бащдаб сагIтил болжалалда жаниб ва гьелъ бижинабуна кIалъа-ралъаязул процесс тIокIаб халат бахъинего бугищин абураб суалги. Брахимица абуна шамат къоялда жинца борхулеб букIанин рахъазда гьоркьоб зулму чIезабиялъул ва хадуб нухмалъиялъул заманалъулаб идара гIуцIиялъул суалин, амма президент Башар Асадил хIукуматалъул делегация гьелъухъ гIенеккизецин лъугьинчIин. Гьанже Брахимида ракIалда буго гьеб диалог гьабиялъе аслиял галаби лъурал Америкагун ва Россиягун консультациял гьаризе.