Дагъистаналда рагlуе эркенлъи букlиналъе гlиллаби

Милрад Фатулаев

«ГIурхъаби лъаларел репортерал» абулеб халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIуниялда тIасан идараялъ жидерго сонайилаб докладалда рагIуе эркенлъи гьечIолъиялъул рахъалдасан дунялалъул 180 гьоркьосан Россиялъе бихьизабун буго 148 бакIал.
Амма Россиялдаго рагIуе эркенлъи бугеб бакIлъун рикIкIуна Дагъистан. Гьениб пачалихъиял радио-телевидениялда ва газетабазда цадахъ риччалел руго хасал бетIергьаби ургел ва эркеналин рикIкIунел газетаби. Гьеб бараб бугин республикаялъул хаслъиялдайин бицана «Новая газетаялъул» эксперт Милрад Фатулаевас

ЭР: Россиялъул премьер министр Дмитрий Медведевас дагьаб цебегIан Дагъистаналъул «Черновик» газеталъул журналистазе кьуна премия. Журналистазе рихьдае гьабулеб реццищ гьеб яги хIакъикъаталдаги журналистаз жидерго пикраби эркенго загьир гьабизялъул рахъ кквейищ гьеб кколеб россиялъул тIадтаразул рахъалдасан?

Милрад Фатулаев: «Дагъистаналда хIакъикъаталдаги прессаялъе эркенлъи бугин абизе бегьула аскIор ругел Чачаназул республика яги Ингушетиягун данде ккун.
Чачаназул республика ва Ингушетия кола мономиллаталъулал республикаби. Гьениб информация тIибитIизабулел алатазул нух дагьаб Европаялъулалде къараб букIуна.
Дагъистан кколаро мономиллаталъулаб республика.

Миллатал гIемерал рукIиналъги, тухумчилъи букIиналъги гьениб информация тIибитIизабулел алатал цо ккураб тIадецуй гьечIого хIалтIизе рес бугеллъун рукIана Россиялда хисабасиял байбихьарал соназдаса нахъего.

Жидерго рагIи билъанхъизабизе къваригIарал политикиял яги финансаздехун хурхен бугел къокъабазги хIаракат бахъулеб букIана жиде-жидерго информациялъул алат гIуцIизе яги пресса жидерго рахъалдехун цIазе.

Гьединлъидал абизе бегьула Дагъистаналда цогидал регионазул информация тIибитIизабулел алатазде данде ккун эркенго хIалтIизе ресал цIикIкIун рукIанин».

Милрадил пикруялда рекъон тIолго Россиялда рагIуе эркенлъиялъулъ хисараб жо дагьаб гурони гьечIо.
Совет Союзалъул заманалдаго гIадин изну кьолеб гьечIо тIадтаразул яги цогидал нухмалъиялъул структурабазул гIурхъулъ критика гьабурал макъалаби прессаялда рахъизе .

Дагьабго эркенлъи щун букIана информация тIибитIизабиялъе россиялда хисабасиял ругеб заманалда. Амма гьанжеги цIидасан буравал кьуризе бай бихьун буго .

Милрадица ракIалде щвезабулеб буго дагьаб цебегIан россиялъул пачалихъияб думаялъ къабул гьабураб интернеталъул социалиял сайтазда хъвалелда хадуб халкквезе прокуратураялъе рес кьолеб къанун.

Милрад Фатулаев: «ГьабсагIат нилъеда гьеб биьулеб буго интернеталда сайтазде тIаде цун гьабулеб куцалъухъ балагьун. Фейсбук-социалияб сеталъул администрациялъги цин гьаризе ккана цо-цо хисабасиял жидерго сайталда. ГьричIони гьел Россиялда хIалтIизе тунгутIиялъул хIинкъи букIун».

Дагъистаналъул «Черновик» газетаялъул журналистазе Москваялда премия кьеялда бан Милрадил пикру гьадинаб буго.

Милрад Фатулаев: «Москваялъ гьеб газетаялда цебе налъи тIубанин абизе бегьула. Гьаб ахираб заманалда жаниб республикаялда церечIарал проблемабазда тIасан г!емерал суалал рорхана гьеб Дагъистаналда бугеб ахIвал хIалги кьучIалъе росун.
Жидерго хIалтIи газетаялъе хира чIаралъи киназдаго лъала. БетIерав редактор ХIажимурад Камалов чIвайги, гьев хисун ячIарай Надира Исаева Россия тун ине ккейги.
Гьез хисизабизе ккана басмаялъулаб политика. Гьезул тIокIаб рес букIинчIо. Амма газетаялъул журналистал жидего хисичIо. БичIчIи бугев чисда гьезул материалазда гьоркьоб рагьун хъвайчIониги хасаб пикру бихьула».