Каримов Чехиялде вачlунев гьечlо

Узбекистаналъул президент Ислам Каримовас нахъе бахъун буго Чехиялде гьабизе бицунеб букIараб официалияб сапар. Чехиялда къватIибе бачIунеб щибаб анкьилаб «Respekt» даптаралъ лъазабулеб буго улкаялъул къватIисел ишазул министр Любомир Заоралекида мугъчIвайги гьабулаго, 20-22 февралалда Прагаялде гьабизе букIараб Каримовасул сапар нахъе бахъун бугин.
Гьелда цебе улкаялъул инсанасул ихтиярал цIунулез гьеб сапаралда жидерго разилъи гьечIолъи лъазабун букIана. Гьелъие гIиллалъун гьез рехсолеб букIана Узбекистаналда гIадамазул ихтиярал хвезарулел рукIин. АрбагI къоялда инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун 30 идараялъ гьелда бан рагьараб кагъат хъван букIана Чехиялъул президент Милош Земанихъе. Гьез гьелда президент ахIулев вукIана Прагаялде вачIаян Каримовасухъе битIараб лъазаби нахъе ахIизе. Жавабалъул кагътида Земаница инсанасул ихтиярал цIунулезда гьабулеб букIана кIигьумерчилъиялъул гIайиб.
Ислам Каримовас Узбекистаналъе нухмалъи гьабулеб буго 25-гIан соналъ. 2005 соналда Евроцолъиялъ Узбекистаналъул нухмалъиялде данде санкциял гьаруралдаса нахъе Каримовас Европаялде гьабун букIана кIиго сапар. Санкциязе гIиллалъун ккун букIана 2005 соналъул маялда Андижон шагьаралда Узбекситаналъул пачалихъиял аскараз хIукуматалде данде тIобитIараб митингалъул гIахьалчагIазде кьвагьи. Гьеб мехалда чIван вукIана 200-гIан чи.