Афганистаналда хамиз къоялда туснахъалъуса эркен гьавун вуго Америкаялъ кутакалда хIинкъи вугевлъун рикIкIунев 65 чи. Гьедин лъазабулеб буго гьел жанир тIамун рукIараб туснахъалъул нухмалъиялъ. Америкаялъ гьезда гIунтIизабулеб буго афгъаназул ва цоги къватIисел улкабазул аскариязде тIадекIанцIиял гьариялъул гIайиб.
Январалда Афгъанистаналъул президент ХIамид Карзайица кьун букIана цебе Америкаялъул контролалда гъоркь букIараб Парваналъул туснахъалда ругел эркен гьаризе буюри.
Вашингтоналъ какулеб буго гьел гIадамал эркен гьаризе гьабураб хIукму ва абулеб буго эркен гьаруразул хIинкъи бугин жибго Афгъанистаналъеги тIубараб регионалъегиян.
Ахираб заманаялда Кабулалда ва Вашингтоналда гьоркьобе гьогьоми рещтIун буго. Гьеб хурхараб буго тIасияб соналда НАТОялъул аскарал нахъе ун хадуб Афгъанистаналда хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул къотIи-къай гьабиялда. Гьелъ регламент чIезабизе ккола Афгъанистаналда хутIизе ругел америкаялъул аскаразе.