Дагъистаналъул прокуратура разияб гьечIо дагьалъ цебе республикаялъул нухмалъулес республикаялъул ункъиеги бикьун гьезул щибалда жиндирго хасал вакилзаби тезе гьабураб хIукмуялдаса ва гьелъ гьеб хисизабун буго. Гьедин лъазабулеб буго прокуратураялъул сайталда. Прокуратураялъ мухlкан гьабулеб буго гьел территориял административиял бутlабилъун кколареблъи.
Ункъиде бикьун Дагъистангун гьенир тарал республикаялъул нухмалъулесул вакилзабазда бан хиса-басиял гьареян абураб тIалаб лъолеб буго Дагъистаналъул прокуратураялъ республикаялъул нухмалъиялда цебе.
Лъалеб букIахъе, чанго мухъги гьоркьобе бачун, Дагъистаналда гIуцIун буго ункъо округ - Централияб, Шималияб, МугIрузул, Къилбаялъул рахъалда бугеб округ. Гьел округал административиялгун территориязул рикьалаби гурелъул, гьедин гьенир толел вакилзабазул даража чIезабизе кколин рикIкIунеб буго прокуратураялъ.
Рамазан ГIабдулатIиповас жинцагоги абун букIана гьел округал ругин шартI хIисабалда гьарурал рикьалаби, гьенир тарал вакилзаби ругин киналгIаги ихтияралги къуватги гьечIел чагIи. Гьездасан жиндие къваригIараб жо кколин пуланаб бакIалда бугеб хIакъикъияб ахIвал-хIал жиндихъе щвезаби.
Дагьалъ цебе Халкъияб Мажлисалъ къабул гьабураб къануналда рекъон, республикаялъул прокурорасул ихтияр буго пуланаб къануналъулъ хиса-басиял гьареян, проект къабул гьабеян Мажлисалда цебе суал лъезе. Цебе гьединаб ихтияр букIинчIо.
Амма Дагъистаналдаса юрист Эльдар ХIажимурадовас рикIкIунеб буго Халкъияб Мажлисалъ прокурорасе гьединаб ихтияр кьуниги, федералиял къануназда данде ккунгутIи кколин гьеб хIужа. Гьединаб пикругун прокурор парламенталда цеве вахъунеб къанун къабул гьабун гьечIин жеги федералияб къануналъ.
Ункъиде бикьун Дагъистангун гьенив щибаб округалда вакил теялъул хIасил ккеялда божилъи гьечIо юрист Эльдар ХIажимурадовасул.
Эльдар ХIажимурадов: «Малъа-хъваял гьари гуреб, тIокIаб батIиял ихтияралги къуватги гьел вакилзабазухъ гьечIоха. Дир хIисабалда, бакIалъул нухмалъулел хIалтIизаризе кIунгутIи буго гьеб. Президентасухъе информация щвезабизе бегуьлел идараби гIезегIан руго – полиция, ФСБ, прокуратура. ТахбакI кIиго батIияб къуваталъухъе щвараб гIадаб жо кколеб буго гьелъул. Божилъи батичIони, вахъун хисеха бакIалъул нухмалъулев. Масала, лъуна гъова Шамилхъалаялда вакил. ТIоцебесеб иргаялда, гъосул ихтияралги тIадал жалги лъазе ккола. Гурони кин гьесие къимат кьелеб? Дова лъурав вакиласул букIине ккола гьаниб президентасул ругел гIадал ихтияралги къуватги. Гьасул цIаралдалъун абизе ккола гъос. Гьанже кколеб буго Дагъистаналда щуго ГIабдулатIиповги вугилан».
Амма ГIамирхан МухIамаддадаевас рикIкIунеб буго ункъиде бикьун Дагъистангун гьенив щибаб округалда вакил тей ГIабдулатIиповас битIараб хIукму гьабунин. ГьанжелъагIан жиндагогицин кколаанин гьеб гIададисеб пикру бугин, амма дагьалъ цере МугIрузул мухъалда тарав вакил Ибрагьим Ибрагьимовгун цадахъ магIарухъе рахиндал, бичIчIанин гьел вакилзабиги округалги хIажат рукIин. ГIамирхан МухIамаддадаев ккола Ибрагьимовасул кумекчи.
ГIамирхан МухIамаддадаев: «ГIемерисел мухъазда Культураялъул рукъазлги библиотекабиги хIалтIулел гьечIо, къан руго, росун харжалгун. Финансалги цояз анире, цогидаз дорехун цIан, хIиллаби гьарулел руго. 33 млн гъурущ хвезабунин лъим бахъизеян хъван батана документазда, щибго жо гьелъие гIоло гьабичIониги. Школал руго цIа свинабулезул, Роспотребнадзоралъул хIалтIухъабаз лицензиялги кьечIого. Дагьабниги лъай бугел чагIиги шагьаразде рахъун, хъулухъазда хIалтIизе чагIи хутIун гьечIо росабалъ. Гьелдаги цогидалдаги тIасан гIарзалъ ине бакI хутIун гьечIо жамагIатазе. Советияб заманалдани профсоюзалин цогидалин жал рукIунаан. Гьедин бакIалъул нухмалъулесда яги цогидазда тIасан гIарзалъ президентасухъе рачIине рикIкIалъулебги буго дора магIарухъ ругел чагIазе».
Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула бакIалда бугеб ахIвал-хIалалда хадуб халкквезеги гьеб роцIцIинабизеги кьун гIарацгун пачалихъалъ тарал идараби гIезегIан руго. Амма гьеб батIияб суал буго.