Швейцариялда референдумалъул хlасилазда разияб гьечlо Евроцолъи

Швейцариялда гьатIан къоялда тIобитIараб референдумалъ бихьизабуна Европаялъул Цолъиялдаса рачIунел мигрантазул къадаралъе гIурхъаби лъезе кколин абураб пикруялъул рахъ кколел улкаялда цIикIкIун рукIин. Рехсараб инициатива къабул гьабизе къваригIараб 50,3 процент щвана гьединазе.
«Би-би-сиялъ» лъазабулеб буго гьеб инициативаялъул бищунго рахъ ккунин италиялъул мацI бицунезин.
Улкаялъул немец мацIалда кIалъалел мухъазда пикраби рикьун руго. Мигрантазул къадаралъе гIурхъаби чIезариялде данде аслияб куцалда гьаркьал кьун руго паранг мацI бицунел мухъазул гIадамаз.
Халкъияб партиялъул гьеб инициатива къуваталде лъугьине рес буго лъабго соналъул болжалалда жаниб.
Евроцолъиялъ жиндирго гIагали загьир гьабуна гьеб хIасилалда ва абуна гьелъул Брюсселгун Берналъул гьоркьорлъабазе букIине бегьулеб асаралъул анализ гьабизе бугин.