Гъизляралъул коньяк гьабулеб завод бичизе ккеялъул хIакъалъулъ харбал раккана 2012 соналъго. Гьеб мехалъ заводалъул багьа чIезабун букIана 1,5 млрд гъуруш. Абулеб букIана гьеб бичулеб бугин республикаялъул нухмалъиялъулгун бухьен бугел хасал чагIазе. Араб соналъ республикаялъул нухмалъи хисун хадуб, Рамазан ГIабдулатIиповас гьеб бичизе бегьуларин, гьеб бугин республикаялъул чIухIи ва цохIого цо бугеб пайда кьолеб заводиланги лъазабун, завод бичиялъул процесс чIезабун букIана.
Амма дагьалъ цебе ИТАР-ТАССалда лъагIалил хIасилал гьарураб пресс-конференци
Щайха гьабсагIаталда завод бичизе ракIалде ккараб республикаялъул нухмалъиялда? Гьелъие гIиллалъун экспертазда бихьулеб буго республикаялъул бюджеталде гIарац щвеялъул мурад. Экономист, RAMCOM абураб цIех-рехалъулаб централъул специалист Денис Соколовасул пикруялда рекъон, чIванкъотIун абизе кIоларо рехсараб завод пачалихъияб буголъиялда бугонийищ лъикI букIинеб, ялъуни приватизация гьабунийищали. Гьесул рагIабазда рекъон, кинабго бараб букIине буго завод бичулаго цере лъурал шартIазда.
Денис Соколов: «Кинабго бараб букIине буго лъие гьеб бичизи бугеб абураб суалалда. ЛъикIищ букIине бугищ завод бичани, ялъуни квешищ букIине бугеб, гьеб суалалда бараб буго. Пачалихъияб буголъиялда завод бугого гьелдаса пайда босизеги ресал рукIана, пайда бугеб завод бугин гьебилан жибго республикаялъул нухмалъиялъги бицунеб букIана. Хасав бетIергьанасе бичун хадуб гьеб заводалдаса пайда букIине буго тIоцебесеб иргаялда гьелъул бетIергьанасе. Нахъойги чIванкъотIун абизе кIоларо лъие пайда бугеб гьелдаса. Завод хIалтIизабиялда бараб, гьелъ кьолеб хайиралда ва гьеб хайиралдаса республикаялъе щолеб магъалоялъул къадаралда бараб буго кинабго».
Республикаялъул буголъиялъул гьабсагIаталда бищунго кIудияб хайир кьолеб идара буго гьебилан рикIкIунеб буго дагьалъ цеве Рамазан ГIабдулатIиповас хъулухъалдаса нахъе витIарав Дагъистаналъул пачалихъияб буголъиялъул суалазда сверухъ министр Ильясов Маратица. Гьесул рагIабазда рекъон, завод бичиялъе гIилла бюджеталде гIарац бачIинаби гурони тIокIаб бихьулеб гьечIо. Заводалъул багьа гьабсагIаталда 4 млрд бугилан абуниги, Марат Илясовасул рагIабазада рекъон, гьеб букIине бегьула жеги цIикIкIун, 10 млрдалде щвезегIан. «Заводалъул хIакъикъияб багьа жеги чIезабун гьечIо лъицаниги. Жибго заводалъул буголъиялъул хIисаб гуреб, бизнес хIисабалда, бренд, марка хIисабалда къимат гьабуни гьелъул багьа гIемерго цIикIкIун буго», - ян абуна гьес «Черновик» газеталъулгун гьабураб гара-чIвариялда.
Жиндир заманалда гьединалго заводазул приватизация гьабун буго цIакъго гIодобегIанаб багьаялда. Мисалалъе, Дербенталъул чогърол завод ва Дербенталъул коньяк гьабулеб завод бичун буго щибаб 300 миллионалде. Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалъул приватизация байбихьизе буго I марталдаса нахъе. Республикаялъул бюджеталде гIарац бачIиналъул мурадалда гьеб гуреб цоги гIемер буголъиялъул приватизация гьабизе бугилан рикIкIунеб буго экспертаз. Мисалалъе, газалъул рогIразул ва электрическиял линиязул.