Анкьго гIан соналъ балагьун чIун рукIараб XXII хасалил Олимпиада байбихьана Россиялда.
Олимпиада рагьиялде гьабураб, жеги дуниялалда букIинчIеб гIадаб кIудияб,бижаралдаса нахъе жакъасеб къоялде щвезегIан россиялъул тарих жанибе бачараб, Россиялъул рагIа-ракьан лъалареб гIатIилъиги, гьелъул батIи-батIиял халкъазул гIемерлъиги цебе лъураб шоуялъ рекIее асар гьабун бугоан гIемерисеб халкъалъе.
Амма цого пикруялъул кинабго халкъ бижун гьечIелъул ругоан гьадинаб бербалагьи загьир гьабуралги.
Мисалалъе Олимпиада рагьиялъул сценариялъе кьурал къиматазда гьоркьоб интернеталда батана нижеда Дмитрий Менделеев абун жиндаго цIар тарав Москваялъул гIумру гьабулесул хъвай-хъвагIай.
«Щиб гьениб букIараб? Россиялъул къимат борхизабийищ кколеб нилъер бечIедаб тарих цебе лъей.
Гьебги дуниялалда гIемерисезда лъазе цин лъалареб. Лъие къваригIун къватIибе бахъараб басриябщинаб.
Жакъасеб къоялъ цебе кквезе жо гьечIез бахъула къватIибе цебе букIараб.
«Балагье ниж рукIарал цIакъал!» янги абун»
Гьеб бербалагьиялда тIад рекъолей гьечIо Дагъистаналдаса 29 сон барай Фатима.
Фатимаца рикIкIунеб буго россиялъул тарихги бугин бечедаб, жакъасеб къоялъги чанги цебетIей бугин россиялда кIвар буссинабизе бегьулеб.
Олимпиада тIобитIизеги Россия мустахIикъаб букIун тIаса бищараб ккола гьелъул бербалагьиялда рекъон.
Фатима: «КIудияб божилъи гьабуна Россиялъе олимпиадаялъул тахшагьарлъун тIасаги бищун. Дир пикруялда рекъон Россия гьелъие мустахIикъабги буго.
ГIемерал ресал руго Россиялъул олимпиада тIобитIизе. Гьеб халкъалда бихьизеги бихьана Сочиялда».
Фатимаца гьединго ракIалде щвезабуна нижергун гарачIвариялда олимпиада тIобитIиялъул тарихалдасан цо кIвар бугеб хIужжаги.
Фатима: «Олимпиадаялъул тарих цIализе дие кидагоги бокьулаан.Школалда цIалулеб заманалдаса нахъего лъала дида Грециялда олимпиада тIобитIизе байбихьарал доб заманалдаго сверухъ улкабаздаги цин киналго рагъал чIезе толел рукIун руго гьеб лъугIизегIан.
ГьедигIанги Олимпиадаялъул хIурмат буго умумузул заманалдаса нахъего».
Амма гьанжесеб дуниялалда гьеб хIужа халкъаз хIисабалде босулеб гьечIо ва хIинкъи гьечIолъи цIуни аслияб шартIлъун хутIулеб буго олимпиада тIобитIиялда гьоркьоб.
Россия мустахIикъаб букIинчIин олимпиада тIобитIизе ян рагIизабизе ва акциял тIоритIизе хIаракат бахъулелги камулел гьечIо.
Мисалалъе: Сочиялда олимпиада рагьизе сагIат хутIараб заманаялъ Москваялда данде чIеялъул акциял тIоритIизе хIалбихьиял гьарулел рукIун руго.
Москваялъул жанисел ишазул бутIаялъул лъазабиялда рекъон метроялъул «Комсомольская» станциялда аскIоб бакIалда ккун йиго Екатерина Рыжова.
«Политикиял репрессиял ругеб улкаялда Олимпиада тIобитIизе кколаро»-_абураб хъвай хъвагIайги кодоб ккун чIезе хIалбихьи гьабурай.
Гьелдаго цадахъ ккун вукIун вуго «Грани .ru» ялъул корреспондент Андрей Новичковги.
Цоги акция хIадурун букIун буго Москва бакьулъ «Националь» петералда цебе тIобитIизе. Манежалъул майданалда лъураб Олимпиадаялъул сагIаталде аскIобе нух бахъизе хIалбихьи гьабун буго.
Полициялъулаз лъабго гор гьабун чIун сагIат сверун ккун аскIове чи виччан гьечIо.
Гьеб бакIалда акция гьабизе букIун буго «Распилиадаялъе бойкот» -абураб ахIиялда кьоркь.
Полициялъул автомобилалде жанире ккун рачун рукIун руго 13 гIанасев чи.
Гьезда гьоркьоре ккун рукIун руго гьадинго тирасверулелги,цо депутатасул кумекчIужу Алла Фролова, амма гьей хехго йиччан йиго, ккун рукIун руго гIурус мацIги лъаларел швециялъул кIиго гIумру гьабулелги.
Россиялъул халкъалъе олимпиада цохIо спорталъул къецаллъун хутIизехъин гьечIо.
Олимпиада тIобитIулеб Сочиялде рачIун руго чанго улкаялъул бутIрулги.
Олимпиада тIобитIиялдаго цадахъ чанго тIадегIанаб дандчIвайги букIине буго.
Олимпиада тIобитIиялда бан цо-цо демократиял улкабазул букIунеб буго энтузиазм гьечIеб бербалагьи.
ГIемер гIарацги тIад холеб гIадамазе рахIатги хвараб ишалдехун гIадаб. Амма олимпиада тIобитIизе рес кьолеб бугони гьелдаса цониги улкаялъ инкарги гьабулеб гьечIо.
1980 соналда риидалил олимпиада, жакъасеб къоялъги тIолго дуниялалъулго халкъазул ракIазулъ хутIулеб гIадин тIобитIараб Россиялъе лъеберго сон ун хадусан хасалил Олимпиада тIобитIизеги рес щун буго.
Гьанже улкаялъул цIарги цин батIияб буго ва халкъги батIияб бербалагьиялъул гIун бачIун буго.
БукIаниги кIиябго Олимпиадаялда гьоркьоб релъенхъвай гIемерав чиясда бихьулеб буго.
Щибха букIинчIеб 80-абилел соналъул олимпиадаялда. Терроризмалъул хIинкъи букIинчIин абулеб буго экспертаз.
Амма хIинкъи гьечIолъиялъул рахъалъе 1980 абилеб соналъул олимпиадаялдаги кIвар кьун букIанин ва киназдаго цIар рагIараб «Альфа» къокъаги Олимпиадаялъул заманалъ гIуцIараб букIанин бицунеб буго экспертаз.
Бокьанищ нужее Олимпиада рагьараб куц?
Кинаблъун ха хутIизе бокьилеб рекIелъ 22 хасалил Олимпиада?- гьединал суалал кьуна нижеца москваялъул къватIазда.
ЦIех-рехалда гIахьаллъарал рукIана къого -лъеберго сон барал гIадал гIолилал. ГIемерисел жавабалго кьечIого унел рукIана аскIосан.
Цо-цояз абуна жал балагьун цин рукIинчIин. Цо-цояз гьадинал кьуна жавабал:
Андрей: «Дие къали чIваялъул гIанги ургъел букIинчIо Олимпиада рагьиялъул.
Нилъер улкаялъулги гьечIо дие ургъел. Халкъалъе харжал кье абе бищун цебе».
Сергей:«Диеги ургъел гьечIо олимпиадаялъул. Дида ккола нилъер улкаялъул чанги батIиял проблемаби ругин Олимпиада тIобитIи ва гьелда тIад гIарац хвезаби гуреб»
Григорий: «Дие бокьана олимпиадаялъул байбихьи.Дун дунгоги спортсменги вуго. Амма дие футбол бокьула».
Фатима: «Байбихьиги берцинаб букIана. Олимпиада къай дагьабги берцинаб букIине бегьула. Жибго олимпиада рекIелъ хутIизе бокьун буго бищун гIемерал шапакъатал нилъер улкаялъе щвараб ОлимпиадагIадин».