МахIачхъалаялда щугояв чIвана

8 февралалъул радал МахIачхъалаялда чIварал чагIазул цIарал жеги чIванкъотIун лъалел гьечIо. Амма абулеб буго гьезул кIигояв кколин Россиялъул Белгород мухъалдаса жигьадалде Дагъистаналде вачIун вукIарав Алексей Пашенцевги Дагъистаналдаса ГIабурахIман-Сугъури МухIамадовги.
Хасаб операциялда чIван вуго кинавниги щуго чи. Кверде вачIун вуго цо чи. Низам цIунулезул баяналда рекъон, хутIараз инкар гьабун буго кверде рачIине.

Гьел рукIун руго МахIачхъалалда Гагаринил къотIноб бугеб щутIалаяб минаялъул лъабабилеб тIалаялда жанир.

Хасаб операция тIобитIун бахъинегIан аскIосан унеб шагьранух къан букIана. Гьеб лъайдал, рахIатхварал умумуз цо-цо ккун рачун ун руго дарсаздаса рокъоре гьениб гIагарлъухъ бугеб 38 школалдаса лъималги.

Гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе гьеб школалъул цIалдохъан Рамазан МухIамадовас.

Рамазан МухIамадов: «Нужеда хадур эбел-эмен рачIинегIан гIодор рукIун чIаян лъазабуна нижеда мугIалималъ. Амма гьелъухъги гIенеккичIого гордухъа гъоркье кIанцIун тIурун ана бащдаб класс.

Гьедин анцIго чи хутIун вукIана нижер. Цинги дида хадув имгIал вачIана. Цощина ниж гьеб кьвагьа-гIанхъи бугеб бакI бихьизе ине гурилан хIинкъун йикIана мугIалим кIудиял чагIи хадур рачIинчIого ниж къватIире риччазе.

«Телли» абураб кIудияб тукада аскIоб букIана букIана гьеб кинабго. Нижер школайин абуни гьелда нахъехун буго. Кьвагьа-гIанхъулеб жо рагIулеб букIана нижеда. Щугониги хъачагъ чIвана гьенив. Сиязда чIун снайпералги рукIана».

Гьеб бакIалда гIагарлъухъ хасаб операция кIиго анкьалъ цебеги букIана. Гьенив чIварав лъабгоявги Буйнакскиялъул изну гьечIого яргъид гIуцIаразул хутIарал чагIи ругин абулеб букIана.

8 февралалда Гагаринил къотIнов чIванин абулев вугев Алексей Пашенцев ккола Белгород мухъалдаса. Дагъистаналде гьев вачIун вуго 2009 соналда. Гьелде щвелалде динияб лъаялда хадув Египеталде ун вукIун вуго.

Гьедин Дагъистаналда Пашенцев Буйнакск мухъалъул изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъаялде гъорлъе кканин лъазабулеб буго низам цIунулез.

Ислам босун хадуб гьес жиндаго цIар ГIабдул-Малик абун лъун букIун буго. Гьесул гIумрудул букIун буго 26 сон. Амма Алексей Пашенцев чIванин абураб баян прессаялда гъоркьисала сентябралъул ахиралдаги баккун букIана.

Гьеб букIана Буйнакск мухъалъул Эрпели росдада гIагарлъухъ тIобитIараб хасаб операция.

Пашенцевасул цIар рехсолеб букIана кIиго соналъ цебе тIарикъаталъул устар ЧIикIаса СагIид-Апанди чIвараб мехалдаги.

Сапрыкина абурай ислам босарай гIурусалъ кьвагьизавунин устарилан рикIкIуна. Гьеб пишаялде гьей хIадур гьавурав чи гьев Алексей Пашенцев вугин лъазабулеб буго низам цIунулезги.

Ислам босун хадур гьаб къокъаб заманалда жанир Дагъистаналда чIварал гIурусазул цогидал ккола Марий Эл республикаялдаса Павел Печенкинги Москваялдаса Дмитрий Соколовги.

Волгоградалда гьарурал терактал гьезул пиша бугин лъазабуна низам цIунулез.

ЦIикIкIун гурони, дагьлъуларел рохьилаздаги хасал операцияздаги бан низам цIунулезде гIайиб-гъвел гьабула инсанасул ихтиярал цIунулезги, журналистазги, цогидазги.

Гьелъие гIилла низам цIунулез жидерго хIалтIи щвалде щун гьабунгутIи бугин, хасго агентураялъул иш рехун тун бугин рикIкIуна гьез.

Рохьалъе арал гIолилал ярагъги гIодоб лъун, ракълиде ахIулеб адаптациялъул комиссия букIана республикаялда. Нухмалъиялде Рамазан ГIабдулатIипов вачIинал, гьебги чIезе тун, рекъел гьабиялъул комиссия абун гIуцIана цIияб комиссия.

Гьелъул хIасил кинаб бугебин ва журналистаздаса щай гьеб балъго гьабулеб бугебин гьикъана гьал къоязда Москваялда букIараб пресс-конференциялда Наталья Крайновалъ Рамазан ГIабдулатIиповасда. Гьес гьадин жаваб кьуна.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Адаптациялда бан гьарулел рукIарал хасал операциязул гIемерисел лъугIулаан гъоркьлъалие росарал изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал гьезул жидерго гIагарлъиялъ ришватги кьун нахъе рачиналдалъун.

Гьединлъидал нижеда ккана гьедин киназдаго бихьун, рагьун гьабулеб жо букIунарин гьеб адаптациялъул иш. Нижеца изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъа нахъе вачана 34 чи.

Амма гьединан гьабунилан ахIи-хIур бахъинабулароха нижеца. Щайгурелъул гьелдасан гьезие жидеегоги, гьезлу гIагарлъиялъеги зарал ккезе бегьулелъул».

ПалхIасил, 8 февралалда Гагаринил къотIноб МахIачхъалаялда тIобитIараб хасаб операциялда тIасан баян кьун гьечIоан тIубараб къоялъ терроралда данде чIараб миллияб комитеталъулги жанисел ишазул министерлъиялъулги сайтаз.

Цо рахъалъ гьелъ ритIухъ гьабулеб буго Олимпиада лъугIизегIан республикаялда лъугьа-бахъунел хасал операциязул хIакъалъулъ щибгIаги бицине гьукъун бугин абураб баян.