Россиялъул диваналъулаб гIуцIиялда жанир хиса-басиязде байбихьи лъуна. Президент Путиница гьал къоязда гъулбас лъуна Россиялда цIияб ТIадегIанаб Диванхана гIуцIиялъе. Гьелда гъорлъе ине буго цебеккун батIа тIураб идара хIисабалда хIалтIулеб букIараб арбитражалъулаб диванханаги. Щиб кьезе бегьулеб гьел хиса-басияз ва кинаб бугеб гьелда тIасан экспертазул пикру?
ЦIияб ТIадегIанаб диванхана гIуцIиялъул хIакъалъулъ къануналъул проект Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ гьоркьоб лъун букIана араб соналъул августалда.
Гьанже президент Путиница жиндирго указалдалъун тасдикъ гьабуна гьеб анлъабилеб февралалда.
ЦIияб диванханаялде гьоркьоре унел руго 170 чиясдаса гIуцIараб диванчагIазул къукъа.
ЦIиял хиса-басиязда рекъон Арбитражалъулаб диванхана абураб идараги тIокIаб букIине гьечIо, гьебги гьанже цIияб ТIадегIанаб Диванханаялде гъорлъе малъизе буго.
Юристазул пикруялъухъ хал гьабидал гьелъул цо бутIа рази гьечIо цIиял хиса-басияздаса.
Гьедин мисалалъе Контституциялъул Диванханаялъул цее йикIарай нухмалъулей Морщакова Татьянаца абулеб буго жинда цониги чиясул пикру рагIичIин гьелъул рахъ ккурабилан.
Гьединго чIванкъотIараб гIиллаги бихьулеб гьечIин жинда цIияб диванхана гIуцIиялъе сабаблъун ккараб.
ЦIияб къануналда рекъон Арбитражалъулаб диванхана къалеб бугин, гьелъул киналго тIалабалги ТIадегIанаб диванханаялъухъе кьолел ругин.
КIиябго диванханаялъул, тIадегIанаб ва арбитржалъулаб диванханаялъул диванчагIи Констициялъул бихьизабиялда рекъон жидерго хъулухъалъул тIалабаздаса махIрумлъизе кколарин, баян гьабун абуни гьел цадахъ хIалтIизе кколин цIигIуцIараб ТIадегIанаб диванханаялдаян абулеб буго Тамараца.
Амма цIияб къануналда гьединаб баян гьечIилан абулеб буго гьелъ. ХIасил-калам Конституциялъул диванханялъул цее йикIарай нухмалъулъей ЦIияб Диванхана гIуцIиялъ лъикIаб хIасил кьезе букIиналда божулей гьечIо.
Амма Дагъистаналдаса юрист Сулейманов Сулейманица рахъкколеб буго гьел хиса-басиязул. Арбитражалъулаб диванханаялда хурхун гьединаб хIукму гьабизе цебего заман щун букIанилан рикIкIунеб буго гьес, щайгурелъул гьелъул хIаракатчилъи аслияб куцалда бухьараб букIанин коммерциялъулал тIалабал гIумруялде рахъинариялда, къанун цIуниялде кьолеб кIвар жагъалаб букIанин гьезулилан абулеб буго Сулейманица
ТIадегIанаб Диванханаялда хурхун гьарурал хиса-басиял гьеб тIолабго системаялда жанир реформаби гьариялде лъураб тIоцебесеб галилъун бихьулеб буго гьесда.
Сулейманов Сулейман: «Диваналъул системаялда гьоркьоса арбитражалъулаб диванхана нахъе гьабиялда хурхун гьабураб хIукму кIудиял хиса-басиязде лъураб тIоцебесеб гали бугилан абизе бегьула.
Диваналъулаб гIуцIиялда жаниб реформаби гьаризе ккеялъул хIажалъи букIиналъул цереккун гьарурал лъазабиял рукIана юристазул.
Амма пикру къватIибе кьейги гьеб рагIалде бахъинабиги гьеб батIи-батIияб иш кколелъул, кин букIаниги лъикIаб хIалтIиги хIасилги буго арбитаржалъулаб диван гьоркьоса нахъе гьаби.
Щай абуни гьеб гIуцIиялда жанир рукIана бищунго гIемерал гIузоаби. Гьел гIузраби тIадегIанаб диванханfялде щвезе течIого тIагIинабизе кIванани лъикIаб иш букIинаанха.
КIиабилебги гали диваналъул щибаб суалалъул рахъалъ бутIаби цIикIкIинари. Эконмоикияб батаниги, социалияб батаниги гьелзул щибалъул хасав махщалилав вукIине ккола, гьебги битараб хIукму буго.
ХIасил гьаб кинабго нилъеда гьабсагIат бихьулеб бугеб хиса-баси гьеб буго диваналъулаб гIуцIиялда хурхун унел реформабазул байбихьи, амма кин гьеб ине бугеб ва хIалтIизе бугебали заманаялъ бихьизабила.
Къанун гьеб цIунулел чагIазеги гIадатияб халкъалъеги цого къагIидаялъ хIалтIизе ккола, цебесеб гIуцIиялда гьел цоцадаса ратIа гьарулел гIадаб хIисаб букIана дида бихьулеб.
БатIияб суал буго жалго къадизабигун диванбегал кинал рукIине кколел ва кинаб гьезул хIалтIи букIине колебали, гьеб киналъулго батIаго хал гьабизе ккола».
Гьаниб дагьаб баян гьабизе ккоал Сулейманица рицунел ругел махщелчагIазул хIакъалъулъ.
Гьедин ЦIияб тIадегIанаб диванханаялда гIуцIизе буго экономикаялда хурхарал къецазул рахъалъ диваналъулаб коллегия, цебеккун гIуцIун букIараб рагъулаб коллегиялъул бакIалда хIалтIизе рагIула рагъулаб хъулухъ тIубалезул ишазул рахъалъ диваналъулаб коллегияги.
Гьелъул рахъккун буго Федералияб мажлисалъул тIасияб палатаялъул вакил федералияб шураялъги.
ЦIигIуцIараб ТIадегIанаб диванханаялъул хIалтIул чIей букIине рагIула Санкт- Петербург шагьаралда.