Хамиз къоялъ 6 февралалда МахIачхъалаялда Дагъистаналъул хIукуматалъ ва Унсоколо мухъалъул Генуб росдал жамагIаталъул вакилзабаз хъвана цоцазулгун гьоркьорлъабазул хIакъалъулъ къотIи-къай. Гьелда рекъон хIукуматалъ тIаде босулеб буго росулъ батIи-батIиял социалиял хIалтIаби гьаризе, росдал вакилзабаз абуни, экстремизмалда данде къеркьезе квербакъи гьабизе.
Дагъистаналъул бетIерасул ва хIукуматалъул пресс-хъулухъалъ лъазабухъе, гендерил жамагIаталъулгун хIукуматалъул къотIи-къвай хъвазе хабар ккун букIана араб соналъул 7 абилеб августалда.
Доб мехалъ Рамазан ГIабдулатIиповас къабул гьарун рукIана Генуб росдал жамагIаталъул вакилзаби. Гьелда цебе чанго къоялъ росулъ тIобитIун букIана халат бахъараб хасаб операция.
Рамазан ГIабдулатIиповас доб мехалъ гендерил вакилзабазда абун букIана, нужеца – кIудиял чагIаз хIаракат бахъейин изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кьеразул ругел гIолилал ракълиде рачине, республикаялъул нухмалъиял абуни,
Генуб росулъ жамагIаталъе бигьалъиялъе социалиял тадбирал тIаде росизе ругин.
ЦIидасан гендерил росдалгун къотIи-къаялъул хабар ккана исана 25 январалда Рамазан ГIабдулатIипов Унсоколо мухъалде хIалтIулаб сапаралъ вачIарабго.
Хамиз къоялъ хъвараб къотIи-къаялда гIахьаллъи гьабун буго ункъо рахъалъ.
Дагъистаналъул хIукуматгун Генуб росдал жамагIаталъул вакилзаби гурел, гьенир гIахьаллъун руго Унсоколо мухъалъул администрациялъул нухмалъулев ва Генуб росдал бегавул. Щибаб рахъалъ жидеда тIаде росулел руго кинал ругониги масъалаби.
ГIаммаб къагIидаялъ, къотIи-къаялда хъвавухъе, киналго рахъазул аслияб масъала буго ахирал соназда хIалуцараб ахIвал-хIал бугеб Генуб росулъ гьеб хIалуцин гIодоцинабизе хIаракат бахъи.
Терроризмалдагун экстремизмалда данде къеркьезе ва социалиябгун экономикияб рахъ цебетIезабизе бокьун буго киназего.
ХIукуматалъул нухмалъулев ХIамидов ГIабдусаламица бицухъе, къотIи-къаялда рекъон гьез тIаде босулеб буго Россиялъул ва Дагъистаналъул инвестиционниял программабазда гьоркьобе Генуб росу бачине.
Гьезда рекъон, росулъ базе буго цIияб больницагун поликлиника, ясли-ах, росулъе бачизе буго лъим, къачIазе буго культурияб рукъ, биччазе буго школлъимал раччизе хасаб автобус, росулъ гIурул рагIаллъухъ лъим кIанцIиялдаса цIуниялъе хIалтIаби гьаризе руго.
Гьединго росулъ гIуцIизе руго росдал магIишаталъул продукция хIалтIизабизе бегьулел, гамачI хъухъалел проектал, сахлъи щула гьабулел идараби ва гь. ц.
Генуб росдал жамагIаталъ ва Унсоколо мухъалъул нухмалъулез тIаде босулеб буго терроризмалдагун экстремизмалда дандечIарал тадбирал гьаризе.
Гьез тIаде босулеб буго Дагъистаналда ва улка тун къватIир, хасго Сириялда ругел изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кьеразухъ ругел гIолилал нахъе ахIизе, гьел ралагьизе полициялъе кумек гьабизе, къуваталъул идарабазда хъулухъ гьабизе гIолилал ритIизе.
Гьединго гендерил вакилзабаз тIаде босана халкъияб низам цIунулезул къокъаби гIуцIизе росулъ, гIаммаб къагIидаялъ гIолилал яргъид гIуцIаразда гъорлъе унгутIиялда данде агитациялъулаб хIалтIи гьабизе.
КъотIи-къаялда рекъон, росдал вакилзабаз тIаде босулеб буго щибаб лъабго моцIалда жаниб росдал данделъи гьабизе, тIадехун рехсарал масъалаби кин тIуралел ругелали халгьабизе.
Росдал администрациялъул нухмалъулесда тIадаб буго щибаб моцIалъ районалъул нухмалъулесда цебе хIисабкьеялъул хитIаб гьабизе, жинца гьабураб ва гьабизе кIвечIеб хIалтIул бицине.
Гьал киналго тIадехун рехсарал тадбирал тIуразе бегьулелищ, ялъуни кагътида хутIулел тадбиралищ абун цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Генуб росулъа МухIамадов МухIамадида.
Гьесул рагIабазда рекъон, жамагIаталъул рахъалдаса къотIи-къай гьабизе арал чагIи росдаца вакил гьарун гьечIо ва гьезул малъа-хъваялда хадур рилълъунел чагIи росулъ цIакъ дагьал гурони гьечIо.
Генуса МухIамадов МухIамад: «Дида рихьана гендерил вакилзабиян гьенир къотIи-къай гьабизе арал гIадамал. БитIараб бицани, дида лъаларо щал гьезухъ гIенеккулел. Гьезда хадур рилъунел гIадамазул къадар батизе бегьула бищунго цIикIкIун бугони – 10 %.
Нижер росулъ ругел суфиял ратиниги, салафиял ратаниги, гьезда хадур унаро, гьел руго светияб гIумру-яшавалъул чагIи. Рохьор ругел гIолохъабиги гьел чагIаз щиб бицаниги руссунаро нахъе.
Гьанже хIукуматалъулгун къотIи-къаял гьаризегIан лъаларогойищ букIараб гьезда гIолохъабазда тIадруссеян абизе? Жибго хIукуматалъ тIадеросарал масъалабиги жидеего рекламаялъе гьарурал гIадин рихьулел руго.
Генуб буго кутакалда лъикIаб школаги, жеги лъикIаб яслиги, больницаги гьениб букIинчIониги кIвар гьечIо. Хасаб операцияб бугеб мехалъ аскариязул штаб букIуна гьениб.
ГIор кIанцIиялдаса росу цIунизе ккараб ахIвал-хIалги бихьулеб гьечIо, гьеб кинабго цо гIарац бикъизе гьабулеб гIадин бихьулеб буго.
Буго цо кIвар бугеб масъала нижер, гьеб данделъиялда рехсанищ гьеб лъаларо. Нижер росулъа цIакъ гIемер гIолохъаби унел руго росу тун гочун къватIисел хIукуматазде, гьенирго ругони къуваталъул идарабаз толарого. Доре цIан, гьанире цIан, гIилла гьечIого руххун, зама-заманаялдаса полициялде рачун толаро.
Гьединлъидал гочун унел руго. Гьениб абуни бицунеб буго гьел Сириялда рагъулел ругин. Ратизе бегьула гьединалги, амма гIемерисел руго мугьажирал. Гьел гIолохъаби нахъруссинаре, руссун хадур гьелги къварид гьаруге абе, тIокIаб батIияб жо хIажат гьечIо».
Дагъистаналъул хIукуматалда ракIалда буго гьединабго къотIи-къай гьабизе Унсоколо мухъалъул Балахьуни ва ХарачIи росабазул жамагIатазулгунги. Рамазан ГIабдулатIиповас рагIи кьуна хIукуматалъул рахъалдаса киналго тIаде росарал ишал тIуразе ругин ва тIадкъана гьединалго къотIи-къаял ЦIумада, ЦIунтIа ва Табасаран мухъазулгунги хIадуреян.