Пакистан: байбихьана тIалибазулгун кIалъа-басаял

Исламабадалдаса щвараб баяналда рекъон хамиз къоялъ гьениб тIобитIана Пакистанлъул хIукуматалъулгун тIалибазул кIалъа-басаязул тIоцебесеб раунд.

Хасго кир гьел кIалъа-басаял тIоритаралали – лъазабун гьечIо. Информалатаз лъазабухъе кIиябго рахъалъул вакилзабаз цебеккунисеб данделъиялда къабул гьабизе кколаан нухлул карта абулеб план.

Пакистаналъул тIалибаз 2007 соналдаса байбихьун гIамал гьабулаан хIукумат тIаса рехизе ва улкаялда шаргI тIад чIезабизе.

Араб анкьида премьер-министр Наваз Шарифица лъазабуна заман щванин маслихIаталдехун нух батизе ва зулмуялъе ахир лъезе.

Январь моцIалда Пакистаналда 100-гIан чи чIван вуго тIалибаз гьарурал гьужумазул хIасилалда.