Ираналъул хъулухъчагIаз руччабазе гIакъуба кьолеб буго

Ираналъул низам цIунулез жанир ругел руччабазе гIазаб-гIакъуба кьолеб буго, ян лъазабуна хамиз къоялъ инсанасул ихтиярал цIунулеб Human Rights Watch гIуцIиялъ.

Хасал хъулухъаз изну гьечIого нус-нус чIужу-гIадан жанире тIамулел ругин, ва гъозие халкъаздагьоркьосел къануназде данде кколареб диванги гьабулеб бугин.

Цо-цо лъазабиязда рекъон Ираналда гьабсагIат 4200-гIан чIужу-гIадан йиго туснахъалда. Аслияб къагIидаялда гIараб миллаталъул суннитал.

Халкъаздагьоркьосел тохалчагIазул хIисабалда Ираналъул низамалъул система коррупциялде гъанкъараблъун буго, ва гIемерал гIадамал гьересиял гIайибазе мукIурлъулел ругин гIакъуба къулчIун.