Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб группаялъ (ICG) 3 февралалда Москваялда гьабураб докладалда рехсолел руго Шималияб Кавказалда ругел аслиял проблемаби ва гьел роцIцIине ккани тIалъиялъ гьаризе кколел тадбиразул бицунеб буго.
Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб группаялъ хIадурараб хIисабкьеялъулаб хитIабалда бицунеб буго Сочиялъул олимпиадаялъул хIакъалъулъ ва гьелда хурхун къуваталъул идарабаз Шималияб Кавказалда гьарулел тадбиразул хIакъалъулъ.
ХитIабалъул автораз рикIкIунеб буго Россиялъул къуваталъул идарабаз Шималияб Кавказалда Олимпиялъул хIаялъул заманалда гIадлу чIезабиялъул мурадалда гIемерал гIадамазул ихтиярал хвезарулел ругилан.
Мисалалъе, рехсолел луго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кьеразулъе арал гIолилазул гIагарлъиялде тIадецуй гьабиялъул хIужаби.
«Рохьилазул» гIагарлъиялде къуваталъул идарабаз хасаб кIвар кьолеб буго ва гьелдалъун инсанасул ихтиярал хвезарулел ругилан рикIкIунеб буго.
ГIагарлъиялде гьужумал цохIо къуваталъул идарабаз гурел, жамгIияталъги гьабулеб буго.
Мисалалъе, араб соналъ букIана устар СагIид-Афанди чIваялъул гIайиб гIунтIизабун ккуразул цоясул рукъ бухIиялъул хIужа.
Гьединго рукъзал рухIун рукIана Лаваша мухъалъул Хважалмахьи росулъа гочун арал салафиязул. ХитIабалъул авторазул пикруялда рекъон, гьединал хIужаби Шималияб Кавказалда гIемер руго. Инсанасул ихтиярал цIунулезул пикруялда рекъон, гьеб буго Россиялъул къанунал хвезари. Такъсирчиясул ишазухъ гьесул гIагарлъиялъ жаваб кьезе кколарилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе жамгIияв хIаракатчи Расулов Русланица.
Расулов Руслан: «Дун дандечIарав вуго такъсирчагIазул гIагарлъиялъ жаваб кьезе кколилан абураб жоялда, щайгурелъул, гьеб тIоцебесеб иргаялда къануналда данде кколаро. КIиабизе абуни, тамихIалде цIазе рес буго расги гIайиб гьечIел, гьесул ишазда рази гьечIел гIагарал чагIи.
ГьабсагIаталда бугеб Россиялъул уголовияб кодексалда рекъон террористазулгун бухьен бугел чагIи тамихIалде цIазе бегьула гьел гьесул гIагарал ратаниги, ратичIониги.
Террористазе ва экстремистазе кумек гьаби гьеб такъсир буго ва гьелда рекъон къануналъ бихьизабураб тамихI къотIизе ккола инсанасе.
Гьесул бухьен букIинги лъачIого, гIагарав вугилан чиясде тIадецуй гьаби я Россиялъул я халкъазда гьоркьосел инсанасул ихтиярал цIуниялъул системаялда данде кколеб иш гуро».
Гьединго Руслан Расуловас абуна, къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз такъсирчагIазул гIагарлъиялде тIадецуй гьабулеб бугони, гьеб мехалъ гьел хIакъикъаталдаги изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кьеразулъе ине бегьулин.
Ярагъ кодобе босизе хIадурарав чи гьесул гIагарлъиялде тIадецуй гьабунилан тIадвуссунаро. Гьес гIагарлъиялдаса тIалаб гьабизе буго жинцаго гьабураб гьабизе.
Инсан жиндирго идеязе гIоло гIумру кьезе къватIиве вахъун вугони гьев чIезавизе кIоларо. Гьеб ишалъе гIорхъичIвай гьабизе ккола батIияб къагIидаялъ абун бицана Руслан Расуловас.
ХитIабалъул автораз Шималияб Кавказалда цоги кIвар бугеб проблемалъул рикIкIунеб буго пачалихъиял институтазулгун салафиязул гьоркьоблъи. Гьезул пикруялда рекъон, радикалиял гурел салафиял жамгIияб гIурмуялда гъорлъе цIазе хIалтIизе ккола пачалихъиял идараби. Цебеккун гьединаб хIалтIи гьабулеб букIана, амма ахираб заманалда гьеб гьоркьоб къотIизе тун бугилан рикIкIунеб буго автораз.
ЖамгIияв хIаракачи Сулайман Уладиевасул пикруялда рекъон, гьабсагIаталда республикаялда рекъел цIуниялъул мурадалда пачалихъалъ радикалиял гурел салафиязулгун диалог гIуцIизе ккола.
Амма мухIкан гьабуна, гьеб кинабго процесс букIине кколин гьабсагIаталда ругел Россиялъул къануназул гIорхъодаса рахъичIого. «Дица рахъ ккола республикаялда рекъел ва гьудуллъи цIуниялъе гIоло гьабулеб бокьараб ишалъул, гьеб къануналда данде кколеб бугони ва гIаданлъиялъул гIорхъодаса бахъулеб гьечIони», - ян абуна Сулайман Уладиевас «Эркенлъи» радиоялъул журналистасулгун гара-чIвариялда.
Гьединго Уладиевас бицана, республикаялда гIемер ругин кодове щварав щинав салафияв чIвазе кколин абулел гIадамалги. Амма гьединал кидаго рукIине руго, аслияб жо буго гьединазул ахIиялда хадурги рилълъун нилъеца би тIезе байбихьичIониян.
Халкъазда гьоркьосеб кризисалъул группаялъул Россиялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулей Сокирянская Екатеринаца «Голос Америки» радиоялъулгун гьабураб гара-чIвариялда бицунеб буго Сочиялда тIобитIизе кколеб Олимпиадаялде хIадурлъулаго ахираб заманалда Шималияб Кавказалда, хасго Дагъистаналда инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужаби рукIанин.
Сочиялда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул мурадалда Дагъисаналда салафиязде тIадецуй гьабулеб бугилан рикIкIунеб буго гьелъ. Мисалалъе рачунел руго суфияздагун салафиязул диалог гьоркьоб къотIизаби, салафиязул бизнесалда тIадецуй гьаби ва гьел гурел цоги хIужаби.