Гуржистан Евроцолъиялдехун буссинабулеб буго

Евроцолъиялъул бетIер Ван Ромпейица Брюсселалда талат къоялъ Гуржиязул премьер-министр Ираклий Гарибашвилигун рукIарал кIалъа-басаязда хадуб лъазабуна 2014 соналда тIуразаризе кколел аслиял масъалабазул цояблъун бугин Гуржистаналъулгун Евроцолъиялъул ассоцияция гьабиялъул къотIи-къай гьабиялъул масъала.

Тбилисиялдехун вуссун Ван Ромпейица гьединго абуна гьеб улкаялъул хIакимлъиялда тIадаб бугин политикияб плюрализм цебетIезаби, рагIуе эркенлъи цIуне ва къануназул тIалъи тIад чIезаби.