ГIиракъ: бидул январь

Итни къоялъ ГIиракъалъул бакI-бакIалда жанир рахчун тарал бомбабигун кьвагьизарун анцIгогIан чи чIван вуго.

Араб моцIалда ГIиракъалда букIараб зулмуялъул хIасилалда азаргогIан чи къурбанлъун ккана, гьезул цIикIкIараб къадар кколаан гIадатиял гIадамал.

Гьадин лъазабуна итни къоялъ ГIиракъалъул хIукуматалъ.

Исанасеб январь моцI бищун бидулаблъун букIун буго щуго соналда жаниб. Ахирисеб заманалда Анбар абулеб вилаяталда ругел къеркьохъабаз кIудияб хIаракат бахъулеб буго хIукуматалде данде бараб.

140 азаргогIан чияс рукъзал тун къватIивехун лъутанин, лъазабулеб буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ.

Рехсарал къеркьохъаназул щулиял бухьенал ругин «Аль-КъагIидагун». Гьадин лъазабулеб буго ГIиракъалъул тIадтараз.