Киевалда тIобитIана информациялъулаб митинг

Киевалъул Незалежности майданалда тIобитIана информациялъулаб цIар жинде кьураб митинг. Гьелда гIахьаллъун вуго I0-азарго гIанав чи. «Франс-пресс» агентлъиялъул лъазабиялда рекъон – 50-азарго чи.

Лъазабулеб буго гьелда оппозициялъул лидераз жидерго рахъ ккуразда бицун буго санайилаб Мюнхеналъул хIинкъигьечIолъиялъул конференциялъул хIасилазул хIакъалъулъ. Гьеб конференциялъул гIорхъабазда шамат къоялда украиналъул оппозициялъул лидерал Виталий Кличко ва Арсений Яценюк дандчIвана Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керригун.

Гьеб гара-чIвариялда гIахьаллъарав оппозицияв депутат Петр Порошенкоца лъазабуна, гара-чIвариялда Украина кризисалдаса борчIиялъул мухIканал галабазда хурхарал къотIи-къаял гьарунин.

Жакъа Украиналда рухIалде бачIана протесталъул акциялъул гIахьалчагIазда хурхараб амнистия. Оппозициялъ лъазабуна, жидеца инкар гьабулеб бугин гьеб къануналда рихьизарурал шартIал тIуразаризе.

Къануналда рекъон, низам цIунулез ккурал протесталъул гIахьалчагIи эркен гьаризе ругин, оппозициялъулаз Киевалда ва цоги регионазда ккун ругел административиял минаби.