Жанубияб Суданалда миллион гIанав чи вакъун хутIун вуго

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул къиматалда, Жанубияб Суданалда квен камун хутIун вуго ункъго миллион гIанав чи. ГIемер халкъ бакъун хутIиялъул багьана хурхараб буго декабралъул бакьулъ байбихьараб гражданияб конфликт.

Жанубияб Суданалда Гуманитариял суалазул рахъалъан ООНалъул координатор Тоби Ланзеница лъазабуна, квен-тIехалъул кризис рагIалде бахъинабиялъе къваригIине бугин цо миллиардалдаса цIикIкIун долларин. Кванил нигIматал гIолел гьечIин гьединго базарал рихизарун рукIиналъгиян, лъазабун буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул вакилас.

Гражданаияб конфликт унеб буго нухмалъиялда вугев динка халкъалъул вакил президент Сальва Киирида ва яргъид гIуцIараб къокъаялъул лидер, нуэр халкъалъул вакил Риек Мачарида гьоркьоб президентасул хъулухъалъул тахалда сверун унеб кьеркьеялъул фоналда.

Жанубияб Суданалда унеб конфликталъул хIасилалда гьанжеялдего хун вуго чанго азарго чи, 860 азарго гIанав чи лъутизе ккун вуго жидерго бакIаздаса.