"Дождь" телеканал эфиралде биччалеб гьечIо

"Дождь" телеканалалъул студия.

Россиялъул кабелияб телевидениялъул провайдераз заманалъ «Дождь» абулеб телеканалалъул программабазе нух къана эфиралде. ГIилла - Дунялалъул кIиабилеб рагъда Ленинградалъул блокадаялъул хIакъалъулъ дагIбадул суалал эфиралде биччай. Амма жибго рехсараб телеканалалъул вакилзабаз абулеб буго гьеб хIужа багьанадуе босун бугин оппозиционияб телеканал къазелъун.
Ленинградалъул блокада ахиралде щваралдаса 70 сон тIубалел къояз «Дождь» абулеб телеканалалъ захIматаб суал цебе лъуна – Ленинград нацистазе кьун букIарабани нус-нус азар чиясул гIумру цIунилаан гури?- абураб (гIаммаб къадаралда доб заманалда миллион гIанасев чи гIумруялдаса ватIалъана).

Гьелда бан гьабунбукIана гьикъа-бакъиги. Гьединаб суал цIакъ квешаблъун бихьана гIемерал россиялъулазда.

Рехсараб суал хехго нахъе босун букIана телеканалалъул тIадтараз ва тIаса лъугьин гьарана. Амма гьелда балагьичIого Ростелекомалъул вакил Валерий Костаревас 30 январалда лъазабуна - «Дождь» телеканалалъул программаби эфиралде кьей заманалъ чIезарун ругин абун.

Россиялъул президен Владимир Путинил пресс-секретарь Дмитрий Песковасги абуна телеканалалъул журналистазул хьвада-чIвади инсаниятлъиялде данде кколарин.

Цебе НТВ телеканалалда хIалтIулев вукIарав, гьанже «Дождь» телеканалалъул программаби рачунев Павел Лобковас жиндир иргаялда нижер радиоялъул мухбир Владимир-Кара-Мурзагун гара-чIвари гьабулаго гьадин абуна:

Павел Лобков: «Блокадаялда хурхараб суалалъул бицани - гьеб буго гIадатияб политтехнология. Щай гурелъул аудиториялъе асар гьабизелъун къваригIунеб бугин гьадинаб унтараб тема, блокадаялда хурхараб букIа, инкъилабалда хурхараб букIа, 1930-билел соналда рукIарал репрессиязда хурхараб букIа».

«Дождь» абулеб телеканал рагьун букIана 2010 соналда. Гьелъ эфиралде кьолаан маданияталъул ва адабияталъул гурелги – политикиял программабиги.

Масала 2011 ва 2012 соналда Россиялъул президентасул рищиязда цересел протесталъул акциябиги Владимир Путин президентлъун вищиялдаса разилъи гьечIеб оппозициялъул демонстрациябиги.

Гьединго эфиралда рагIулел рукIана гIемерал оппозициониял хIаракатчагIазул комментариял ва интервью. Хасго коррупциялде данде чIарав блоггер Алексей Навальныясул.

«Дождь» телеканал тIубанго къан гьечIо. Гьелъул программаби ратизе бегьула интернеталдаги. Гьеб гуребги – руго провайдерал ва операторал гьелъие квербакъи гьабулел.

Амма аслияб проблема – батIияб буго: хIинкъи буго Россиялъул Генералияб прокуротуроялъ хасаб цIех-рех гьабиялъул.

Политолог Борис Вишневскиясул эбель-инсуда бихьана Ленинградалъул блокадаялъул захIмалъи. Ва гьес абулеб буго Дождь телеканалалъ къурбаназул адабги, прессаялда хурхараб къанунги хвезабичIин.

Борис Вишневский: «Россиялъул Генералияб прокуроротураялде хитIаб гьаби гIададисеб иш бугин, щай гурелъул гьадинал яги додинал суалал кьезе гьукъулеб къанун гьечIо.

Гьеб гуребги, абизе кккараб буго гьаб суал цIияб гурин. Лъеберго соналъ цебеги гьаб суал борхизабуна гIурусазул кIудияв хъвадарухъан Виктор Астафьевас.

Гьес тIубараб тIехь хъвана гьеб темаялда бан. Гьелъул аслияб пикру - Ленинград нацистазе кьезе кколаан абураб.

Гьедин батани, рачIезин чанго соналъ цеве хварав Виктор Астафьевги диваналде цIазе ва гьесул тIехь гьукъизе».