Пакистаналда чIван вуго ункъго террорист

Пакистаналъул Хайбер-Пухтунхва провинциялда полициялъулгун тунка-гIусиязда хун вуго бищун дагь босун ункъго яргъид гIуцIрав экстремист. Полициялъул вакилас лъазабухъе экстремизмалде данде операция тIобитIулеб мехалда Сваб абураб мухъалда яргъид гIуцIарал тIадекIанцIун руго хIинкъигьечIолъиялъул къуватазде.

Ахирисеб мехалда Свабалда чанго тIадекIанцIи гьабун буго гуманитариял гIуциязул хIалтIухъабазда. Гьелъул жавабчилъи тIаде босана талибаз.