Россиялда рухIалде бачIана интернет-сурсатазде "бигьаго" нух къазе рес кьолеб къанун

1 февралалдаса байбихьун Россиялда рухIалде бачIана, Генералияв прокуратурасул ва гьев хисулезул тIалабалда рекъон Роскомнадзоралъе интернет-сурсатазул хIалтIи гьоркьоб къотIизабизе рес кьолеб къанун.

Гьединаб хIукму гьабизе бегьула нагагьлъун ахирисез сайталда яги блогалда экстремистиял яги гIемер халкъ гIахьаллъараб низам хвезабиялъул актазде ахIиял гьарулел ругин рикIкIани. Гьедин бугони, рес буго гьебго заманалдаго интернет-сурсат рагьиялъе нух къазе. ГьанжелъезегIан гьединаб рес букIана лъималазул порнография бугеб, наркотикал хIадуриялъул яги суицидалде ахIил ругел сайтазде нух къаялъул.

«Экстремистияб» магIнаялъул интернет-сурсат къаялъе цебе къваригIунеб букIана диваналъул хIукму.

Россиялъул электрониял коммуникациязул ассоциациялъ жиндирго ургъел загьир гьабуна, цIияб къануналъ рагIул эркенлъиялъе гIорхъаби чIезариялъе ресал гIатIилъизаризе бегьиялда бан.